ДАНИЯЛОВ «ВАХЪИЗЕГИ» РЕС БУГО

 

      МахIачхъалаялъул мэриялъ лъазабуна ралъдал рагIалда, Родопалъул бульваралда, гIадамал тира-сверизе санагIалъи букIинелъун гьениса ГIабдурахIман Данияловасул памятник нахъе босизе бугилан. Гьеб лъезе кIиго батIияб бакIги бихьизабулеб буго: Данияловасул цIаралда бугеб къватIалъул байбихьуда, ай Коминтерна абулеб майданалда, маххул нухлул вокзалалда гIагарлъухъ яги шагьаралъул тIоцебесеб школалда аскIоб.

     Шагьаралъул гIадамаз гьелда тIасан пикраби загьир гьаризе бегьула интернеталдасан.

     Гьедин хъвалеб буго МахIачхъалаялъул мэр Салман Дадаевасул инстаграмалда.

    Данияловасул памятникалда бакI хисизабизе букIиналда тIасан цо ккураб пикру гьечIо гIадамазда гьоркьоб.

    Цояз хъвалеб буго битIараб бугила, паркалда гIадамазе эркенго тира-сверизе бакIал къваригIун ругила. Цогидаз гьезие жаваб кьолеб буго тира-сверизе бакIал къваригIун ратани, памятникги жибго тун, ралъдал рагIал цIун ругел гIиси-бикъинал будкабиги ричарухъабиги нахъе гъейила.

    Гьединго мэриялъ гьединаб лъазаби гьабун тIоцебесеб къоялъго ГIабдурахIман Данияловасул ясалъулги ясалъул вас ГIали Исламовас мэриялде битIана гьелдаса разилъи гьечIолъи бихьизабураб кагъат.

   Амма жеги гьелъие жаваб щвечIин бицана ГIалица «ХIакъикъаталъе».

   «Дица мэриялде гьеб кагъат почалдасанги битIана, интернеталдаги тIибитIизабуна. Амма лъицаниги щибниги данде хъван бачIинчIо. Дирго гIадаб пикру нижер тIолабго гIагарлъиялъулги буго. Щайин абуни, Данияловасе гьеб бакIалда памятник лъун букIана жамгIиявгун политикияв хIаракатчиясул цIар даим гьабиялъул мурадалда. ТIадежоялъе, гьеб МахIачхъалаялъул администрациялъ гуро лъураб, лъуна доб мехалда Дагъистаналъул президентлъун вукIарав МухIу ГIалиевасул хIукмуялда рекъон. Гьединлъидал гьесда тIадги рахъун цогидазул ихтияр щиб гьеб нахъе бахъизе? Памятник лъеялъул суал нижер хъизамалдаги дандбан букIана. Масала, дир кIудияй эбел Забидаги ХIамзат ХIамзатовги («Дагэнерго») гIемер рекерахъдана гьелъие гIоло. М. ХIажиевасул цIаралда бугеб заводалда гьабуна гьеб памятник. Гьениеги чанцIулго ун йикIана Забида.

   Памятник лъугьун гьечIилан рикIкIунел чагIи ратани, бакIареха комиссияги, гьабе гьелда рекъараб хIукмуги. Амма гьабсагIаталда гьединаб щибниги жо гьечIо, мэрасул инстаграмалда лъураб пост гурони», — гьединаб баян кьуна Данияловасул наслуялъул чи ГIали Исламовас.

З. ХIАЖИЕВА