Меликов магIарухъе щвана

 

    21 июлалда ДРялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Сергей Меликовас сапар гьабуна Шамил ва ЛъаратIа районазде. Шамил районалда гьев щвана чIварал вацал ХIасанхIусеновазул эбел-эмен МуртазагIалихъе ва ПатIиматихъе.

    Гьезул васал Набиги ХIасанхIусенги чIвана щуго соналъ цере, 2016 соналъул 23 августалда. Жидеего бетIербахъи гьабун, жамагIаталъул боцIи хьихьун, магIарда рукIарал гьел аскарияз чIвана, изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къокъаялъул гIадамалин, мекъи ккун.

    МуртазагIалиги ПатIиматги Сергей Меликовас тIаде къабул гьарун рукIана 2020 соналъул декабралда. Доб мехалда гьес гьел васазул эбелинсуе рагIи кьун букIана гьезухъе гьоболлъухъ щвезе. Кьураб рагIиги тIубазабун, ХIебде щвелалде, цин гьезухъе щвезе ана Меликов.

    ЧIварал вацал ракIалдещвеялъе лъураб памятникалда цере тIугьдулги лъуна гьес, ХIасанхIусеновазул рукъалда аскIоб магнолия абураб гъветIги чIана. МуртазагIалидаги ПатIиматидаги къварилъи-гIатIилъиги цIехана, жинца гьабизе бегьулеб кумек батани, бицейинги абуна.

    Гьединго республикаялъул бетIер щвана Гьоор-Хьиндахъ росдал байбихьул школалдеги. 1962 соналда бараб гьеб жеги хIалтIулеб буго, амма хIажатаб къайи-цIаялъул рахъалъ мукъсанлъи буго жакъа школалда. Гьелъие кумек гьабизе тIадкъана Меликовас цадахъ рукIаразда.

Хадув гьев дандчIвана росдал гIадамалгунги. Гьикъана къваригIараб-тараб. Щвараб ресалдаса пайдаги босун, Гьоор-Хьиндахъ гIумру гьабун вугев чияс республикаялъул бетIерасда гьарана райцентралдаса росулъе газ бачинеги, росулъе рачIунеб шагьранух къачIазеги квербакъеян.

    Меликовас сапаралда цадахъ вукIарав ДРялъул нухазулгун, транспорталъул министр Ширухан ХIажимурадовасда тIадкъана тIасияб соналде гьеб нухлул суал хасаб проекталде гъорлъе бачине.

     2023 соналде киналго хIалтIаби лъугIун рукIине ккелин тIадеги жубана ДРялъул бетIерас.

     ХIебда Меликов щвана 1959 соналдаго бараб, щунусгоялдаса цIикIкIун лъимер цIалулеб школалде. Гьелъие ремонт хIажат бугоан. Лъималги кIиго сменаялда цIалулел руго.

     Меликовас хIукму гьабуна гьеб школалъе кIиабилебги автобусги кьезе. Гьениб бугеб цо автобусалъ школалде лъимал раччула сверухъ бугеб чанго росулъа.

   ХIебдасан Меликов ЛъаратIа районалде ана.

       Гьенив гьев щвана поликлиникаялле, паркалде. Поликлиникаялда хъублъи жанисан унеб лъелмухъ къачIан гьечIин бадибчIвайги гьабуна гьес бетIерав тохтурасе. Гьединго паркалдаги гIунгутIаби ратана гьесда.

А. ЮСУПОВ