ЕГИПЕТАЛДА -РАСУЛИЛ СОРДО

 

    3 июлалда Египеталъул Александрия шагьаралда тIобитIана Расул ХIамзатовасул творчествоялда ва Дагъистаналъул литератураялда тIасан литературияб мажлис. Гьениб бицана Россиялъулгун Египеталъул литературиял бухьеназул хIакъалъулъги.

    Мажлисалда гIахьаллъи гьабуна журналист Мурад АхIмадовас ва ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул нухмалъулев МухIамад АхIмадовас.

    Северияб Кавказалъул халкъазул литератураялда тIасан гьеб мажлисалда кIалъана «Кавказалъул гъалбацI» абун имам Шамилил хIакъалъулъ гIараб мацIалда тIехь хъварав Мунир Отейба, гIелмуялъулгун культураялъул рахъалъ гIуцIараб Россиялъулгун Египеталъул фондалъул нухмалъулев АхIмад Бахаэддин ШагIбан, доктор МахIмуд Аведдин ва цогидалги. Гьениб Расулил кучIдул цIалана магIарул, гIурус ва гIараб мацIазда.

   МухIамадгун Мурад АхIмадовал гIахьаллъана 52-абилеб нухалда Къагьиралда тIобитIулеб бугеб халкъазда гьоркьосеб тIахьазул выставкаялдаги. Гьел щвана Расулие лъураб бюсталда аскIореги.