Хьихьизе лъимал рачунел хъизамал цIикIкIунел руго

 

       Республикаялдаса гурелги, Астраханалдаса гьалбалги рачIун, гьал къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана хьихьизе рачарал лъималазул улбузул данделъи. Миллияб библиотекаялда гьеб байбихьилалде форумалъул гIахьалчагIи щвана МахIачхъалаялъул централияб мажгиталде, хадур — хьихьизе лъимал рачарал хъизамазе кумекалъе Дербенталда гIуцIараб централде.

 

       ДРялда хъизамазулгун лъималазул ихтиярал цIунулей вакил Марина Ежовалъ абуна бесдал лъималазда хурхун Кавказалъул республикабазда киналгIаги масъалаби гьечIилан ракIалде кканиги, гьел гIезегIан ругин, амма рехун тарал яги бесдаллъарал лъималазул рагьун бицунеб гIадат гьечIин.

    Гьениб бицухъе, жакъа къоялда республикаялда буго хьихьизе лъимал рачараб лъабазаргоялдаса цIикIкIун хъизан.

       Гьединал хъизамал тIадеялдаса-тIаде гIемерлъулелги руго. Гьединлъидал, кинабгIаги хIажалъи гьечIолъиялъ, республикаялда къана лъималазул кIигониги рукъ.

       Хадурккунги гIадамаз лъимал хьихьизе рачиналде кIвар буссинабизе кколин абуна журналист ва жамгIияй хIаракатчIужу Лейла ХIамзатовалъ. Гьединлъидал МахIачхъалаялда гьединал эбел-инсул форум тIобитIизе кколин абураб пикру загьир гьабуна ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовасе гьелъ. «Рагьараб эфиралдасан» гьес дагъ­ истаниязул суалазе жавабал кьолеб мех букIана гьеб.

        Чанго соналъ цее хъизамгун цадахъ Лейла Каспийскиялдаса Крымалде гочана. Гьелъул жиндирго йиго цо яс.

     — ТIоцеесей яс хьихьизе ячунеб мехалда нилъер гьаниб къанагIатаб жо букIана гьеб – хьихьизе лъимал рачин. Нилъерго лъимал гIадин, нилъедаго тIадги хъван яги къайим­лъиги гьабун гуро гьел рачунел. Гьеб буго лъимал хьихьиялъул батIияб къагIида. ТIалаб гьабизе гIагарлъиги гьечIел, амма лъицаниги жидеегоги рачунарел лъимал рукIуна гьел.

     Гьедин дица 2014 соналда хьихьизе ячана ичIго сон барай яс. Диде щвезегIанги, лъабго сон баралдаса нахъе цогидаб хъизамалдаги хьихьулей йикIун, гIакълу-лъаялъул рахъалъ нахъе ккарай йигилан, Каспийскиялъул микьабилеб детдомалде кьун ятана гьей.

     Байбихьуда гIезегIан литература цIалун, махщелчагIигун кIалъан, гьей яс хьихьизе ячине хIадурлъулей йикIана дун. Амма гьей рокъое ячун хадуб кутакалда къо бихьизе лъугьана дида. ГIарзахъдулей йигиланги ккоге дун.

     ПалхIасил, исана тIаде гIунтIана гьей нижер хъизамалдаса нахъе ине бихьизабураб болжал. Амма букIаниги, гьей нижеда цадахъ йиго. Гьалщинал соназда жаниб гьелъул гIумруялъул лъикIаб рахъалъ хисабасиялги ккана. Марина буго гьелда цIар», — абун бицана Л. ХIамзатовалъ.

    Марина ячун хадуб кIиго соналдасан Лейлаца жеги ункъо яцги ячана хьихьизе. ГIумру гьабизе шартIал бигьаяб бакIилан гьел Крымалде гочана.

   Гьелъ бицана пачалихъалъ жи­дее бихьизабураб кумек тIалаб гьа­булаго дандчIварал квалквалазул хIакъалъулъ.

    Гьединлъидал Лейла ХIамзатовалъ рикIкIунеб буго республикаялда жий гIадал улбузул хасаб клуб гIуцIани, гIемерисел суалал тIураялъе квербакъизе бугин абун.

З. ХIАЖИЕВА