ШихсагIидов ана, 49 сон тIалъиялдаги бан

 

     Ахираб микьго соналъ ДРялъул Халкъияб Собраниялъе спикерлъиги гьабун, Хизри ШихсагIидов хIалтIудаса нахъе ана 9 июналда. Иргадулаб гуреб сессиялда депутатаз гьединаб хIукму гьабуна.

      Заманаялъ спикерасул хъулухъ тIадкъарав Халкъияб Собраниялъул вице-спикер СайгидахIмад АхIмадовас сессиялъул байбихьуда абуна ШихсагIидов хIалбихьи бугев политикги кколин, гьесул хIакъалъулъ лъикIаб гурони бицинеги бицунарин абун.

    Амма живго гьев сессиялда гIахьаллъичIо. СайгидахIмад АхIмадовас бицухъе, Хизри ШихсагIидов радал кIалъан вуго гьесухъе жиндир рахъалдаса депутатазе баркала кьейинги абун.

    ШихсагIидов Халкъияб Собраниялъул нухмалъиялдаса унев вукIин лъана 7 июналда.    Парламенталъул аппараталъул данделъиги гьабун, гьес абун буго жив хIалхьиялде унев вугилан.

     Хизри ШихсагIидовги нахъе ун, гьеб отделениялъул секретарьлъи гьабизе тIадкъана ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовасда.

       Нахъисеб къоялъ лъана Х. ШихсагIидовас парламенталъулгун къо-лъикI гьабулеб букIинги. Гьес социалиял гьиназда хъвалеб букIана жинца депутатазда гьаранила жив мустахIикъаб хIалхьиялде виччайин абун.

     Цинги хадубго Инстаграмалда суратги лъуна ШихсагIидовас – батIи-батIияб ригьалъул гIадамазул кIудияб къокъа бугоан гьесда сверухъ чIун. Гьелда гъоркь хъван руго гьадинал мухъалги: «Пенсиялде ине хIукму гьабун бахъиналдего дихъе батIи-батIиял бакIаздаса гIадамал рачIине лъугьана дир рахъкколеб букIинги бихьизабун. Кутакалда лъикIаб республика буго нилъер. Гьеб цIунизе ккола нилъеца. Дагъистаналъул нухмалъиялъеги бергьенлъаби гьаризе бокьун буго. Хьул буго халкъалдаги гьеб бичIчIилин», — абун.

     Интернеталда гIезегIан чагIаз лъун руго Хизри ШихсагIидовасда хурхун жиде-жидер пикрабиги, ай лъикIалги квешалги.

     Масала, «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевас хъвалеб буго Пачалихъияб Советалъул председатель МухIамадгIали МухIамадов политикаялдаса нахъе анила 76 сон байдал, Хизри ШихсагIидов анила 74 сонил ригьалде вахиндал.

     «ШихсагIидовасулгун лъай-хъвай буго дир, амма гьудуллъи гьечIо. Дие гьесулъ бокьулаан гIадамалгун гъорлъ восун вукIин, гIадатлъи, киназдехунго адаб букIин. Сессия байбихьизе кIиго минут хутIидал, ШихсагIидов залалдаса гIебеде хьвадун, сессиялде ахIарал нижгун гара-чIварун, киназего салам кьолев вукIунаан.

     Гьев вуго политикаялда рукIунел хIаялги ричIчIулев, кIудияб хIалбихьиги бугев политик. Гьединлъидал гьесда кIолаан батIи-батIиял политикиял къуватазда гьоркьоб рагIи бицине, гьезулгун хабар рекъезабизе.

     Интернеталда хъвадарулел дагъистанияз, щаялиго, гьесул бищун кIудияб гьунарлъун рикIкIунеб буго 49 соналъ тIалъиялда хутIи.

     Хизри ШихсагIидовасул бакIалда заманаялъ СайгидахIмад АхIмадов таниги, жеги лъаларо хадув гьенив щив тасдикъ гьавилевали. Гьеб лъазе буго сентябралда рукIине ругел рищиял тIоритIун хадуб.