ЛъагIалил мугIрул яс – 2021

 

 

      29 маялда Хасавюрт шагьаралъул Маданияталъул кIалгIаялда тIобитIана “Бищун лъикIай мугIрул яс — 2021” абураб республикаялъул къецалъул финалияб бутIа. Тадбир тIобитIана жамгIиял хIаракатчагIи ПатIимат ГIабдурахIмановалъ («Фа­ти-добро») ва Марьям Шафиевалъ.

     Къецалъул букIана 3 бутIа ва гьел тIоритIизе кколаан 2020 соналдаго. Амма дунялалдаго бугеб захIматаб ахIвал-хIалги хIисабалде босун, финалияб бутIа нахъ бахъизе ккана. Къецалда гIахьаллъизе бегьулаан 18 сонил ригьалдаса 35 сонил ригьалде щвезегIан ругел ясал. ГIахьаллъи гьабуна 170 ясалъ. КIиабилеб бутIаялде рорчIана 49-ял. Гьез битIизе кколаан жидергоги, жидерго росдал гIадатазулги, рукIарахъиналъулги хIакъалъулъ бицунеб видеоролик. Лъабабилеб, ай финалияб бутIаялде йорчIана 12 гIахьалчIужу. Амма гьезда гьоркьосаги 8 ясалъул гурони гIахьаллъизе рес ккечIо.

    Къецалъул гIахьалчагIазе къимат кьезе гIуцIун букIана жюриги: шагIир ТубхIат Зургьалова, “МагIарулай ”журналалъул редактор Баху МухIидинова ва “Спартак” маданияталъул кIалгIаялъул нухмалъулей ГIайна ГIабдулгIазизова.

 

    ГIахьалчагIазе битIккейги гьарун, байбихьана къецазде. Гьез цереккунго хIадуризе кколаан батIи-батIиял тIадкъаял. Къец гIуцIун букIана чанго бутIаялдаса. ТIоцебесеб бутIаялда щияй гIахьалчIужуялъ бицана жиндиргоги, жиндирго гIагараб ракьалъулги хIакъалъулъ. КIиабилеб бутIаялда гьез бихьизабуна жидерго рос- дал миллияб ретIел. Лъабабилеб бутIаялда гьезие хIадурун букIана тарихалдасанги гIадатаздасанги гIуцIараб викторина. Ункъабилеб бутIаялда рихьизаруна, жидерго росдал гIадатги кьочIое босун, лъурал театралиял церерахъинал.

      ХIалуцарал къецазул хIасилалда тIоцебесеб бакI босана ва “Бищун лъикIай мугIрул яс — 2021” абураб цIаралъе мустахIикълъана Шамил районалъул Ракьуб росулъа МухIамадова Фатима.

      “Бищунго балагьаразе асар гьабурай” абураб цIар щвана Дахадаев районалъул Харбук росулъа      Сулейманова Разияе.

     Бергьенлъи босарай МухIамадова Фатимае кьуна 100 азарго гъурущги тIоцебесеб даражаялъул дипломги, хутIарал гIахьалчагIазе — дипломалги сайгъаталги.

    — Гьаб къецалда гIахьаллъизе дун тIамуна гIагараб ракьалде бугеб рокьиялъ. Дие цIакъ рокьула дирго районги, росуги, ракьцоялги. Гьединлъидал бокьун букIана бергьенлъиги босун гьел рохизаризе. Дие бокьун буго кIудияб баркала кьезе гьаб киналдего рокьи бижизабурал дир кIудияв инсуеги кIодоэбелалъеги, сундулъго кумек гьабулел, кидаго хьолбохъ чIолел дир эбел-инсуеги. Жакъа дида дирго рекIел хIал загьир гьабизе рагIаби ратулел гьечIо. Дие гьаб бергьенлъи букIине буго жеги цеехун ине къуватги хIалги кьолеблъун. Дица хIаракат бахъила унго-унгояй мугIрул ясалъул цIар кидаго цIунизе”, — ян бицана Ф. МухIамадовалъ.

     Гьединаб къец щибаб соналъ тIобитIизе бугин бицана гIуцIарухъабаз. Жакъа чияр маданиятаз кверде росарал нилъер гIолилазе гьединал тадбирал чара гьечIого хIажатги руго. Гьез куцала гIун бачIунеб гIелалъулъ ВатIаналдеги, тарихалдеги, маданияталдеги рокьи, бичIчIизабула гьелъул бугеб кIвар.

  МухIамад Манапов