Хъутабазул статус чIезабиладай?

 

    Гьал къоязда ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликов щвана Бабаюрт районалда ругел Рутул мухъалъул хъутабазде. Гьенирго руго магIарулазул КIусур росдал гIадамалги.

      ХъутанчагIаз бицана жидее квегIенал нухалги, лъалъадизегун гьекъезе лъимги, школалгун больницабиги, токгун газги къваригIун ругилан. Амма гьел суалал тIураялъе квалквал гьабулеб буго хъутабазул ракьазул даража чIезабун гьечIолъиялъ.

      ТIадежоялъе, гьитIинаб справка къваригIанигицин, хъутаналда гIумру гьабулев пуланав чи, жин- дир хъвай-хъвагIай бугеб, бакIалде магIарухъе щвезегIан ине кколев вуго гьелда хадув.

      Сергей Меликовас абуна жинца чанго министерствоялъе тIадкъай кьун бугила гьелда хурхун за- коналъул проект хIадур гьабизе. Ахиралда, жамгIиял данделъабиги тIоритIун, гIадатиял гIадамазда цебеги лъезе бугила гьеб.

      Гьеб законалда тIад хIалтIизе вакилзаби жалго хъутанчагIазда гьоркьосаги рищизе бегьулин абуна Меликовас гьезда.

     Хадуб гьес рагIи кьуна гIи-боцIухъабазе гIарцудалъун кумек гьабизеги.