БахIарзазул цIарал рекIелъги цIунун…

 

   Араб шамат къоялъ «Къункъраби» гIелмиябгун сахлъи цIуниялъул комплексалда тIобитIана Совет Союзалъул БахIарчи, дунялалдаго машгьурав ралъдахъан, букъун лъедолеб гамил капитан, Гъуниб районалъул МохIоб росулъа МухIамад ХIажиевасул цIаралда бугеб гидрокомплекс рагьиялъул тадбир.

    Гьелда гIахьаллъи гьабуна Каспийскиялъул, Северияб ва ЧIегIер ралъдал флотазул вакилзабаз, КIудияб ВатIанияб рагъул ветераназ, республикаялъул хIукуматалъул жавабиял хIалтIухъабаз, М. ХIажиевасул росдал ва районалъул нухмалъулез, жамгIиял хIаракатчагIаз, цIалдо­ хъабаз ва журналистаз.

   Гьалбадерие салам кьураб, къо­ къаб кIалъай гьабуна «Къункъраби» комплексалъул директор, МГУялъул профессор МухIамад МухIамадовас.

    Хадуб гьесги хIурматиял гьалбадерицаги багIараб чалу къотIана ва М. ХIажиевасул хIурматалда мемориалияб хъарщи рагьана.

    Тадбиралда кIалъазе рахъарал киназго кIудияб адабалда рехсана БахIарчиясул цIар, ракIалде щвезаруна гьесул рагъулал гьунарал, абуна нилъер талихIаб букIинеселъе гIоло къеркьарав щивав рагъухъанасул цIарги цIадулал ишалги гIун бачIунеб гIелалъул рекIелъ рукIине кколилан.

  — МухIамад ХIажиев абадиялъго вукIине вуго нилъерги хадусел гIелазулги рекIелъ. Гьединал чагIи хIалтIана, къеркьана нилъер лъималазул, лъималазулги лъималазул гьайбатаб букIинеселъе гIоло. Гьединлъидал нилъер рес буго гьездаса рохизе, чIухIизе, — йилан абуна Северияб флоталъул рукъун лъедолел гумузул дивизиялъул командир, контрадмирал Всеволод Хмыровас.

   Хадур киналго ана цIи рагьараб гидрокомплекс бихьизе. Гьанжесеб заманалъул тIалабазе жаваб кьолеб хIухьбахъиялъегун сахлъи цIуниялъе тIолалго шартIал гIуцIараб лъабго бассейн буго гьениб — руччабазул, бихьиназул ва лъималазул. Гьекъезецин бегьулеб гIадаб бацIцIадаб мугIрузул лъим бассейназда жаниб букIаниги, 250 гидронасосги лъун буго лъим бацIцIад гьабизе.

   ПалхIасил, нилъерго беразда бихьани гурони божулареб берцинлъиги, чIурканлъиги, квегIенлъиги буго Гидрокомплексалда.

   Ахиралда рукIана художествоялъулал хIаракатчагIазул церерахъинал.

    ЦIакъ берцинго ана рехсараб тадбир ва гьелъулъ мустахIикъаб бутIа букIана, байбихьудаса ахиралде щвезегIан гьеб бачарав, ХIажимурад МухIамадовасулги.

     ГI. ГIУМАХАН