Ункъго министргун цадахъ

 

  24 апрелалда ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирханов щвана Шамил районалде. Республикаялъул мугIрузул районалде хIалтIул рахъалъ гьабураб тIоцебесеб сапар ккола премьерасул гьеб.

  Гьаб нухалда премьерасда цадахъ рукIана Нухазул, Лъай кьеялъул, Экономикияб цебетIеялъул ва Сахлъи цIуниялъул министерствабазул нухмалъулелги.

 

    ВачIинахъего ГI. ГIамирханов щвана Гьолокье. «100 школа» абураб проекталда рекъон, ремонт гьабураб школа бихьизе ана. ХIалтIаби гьарун ругин, амма гьел жеги тIуранго рагIаракьанде щун рихьуларин абуна премьер-министрас, гьелъухъ хал-шалги гьабун.

   Школалъе хадурккунги сурсатал цIикIкIинаризе квербакъеян тIадкъана гьес цадахъ рукIарал министразда.

   Цинги гьев щвана КъахIиве ва Гьоор-Хьиндахъе унеб кьодул щиб хIал бугебали хал гьабизе. Советияб заманалдаго бан букIараб гьеб биххун ун букIана 16 марталда. Машинаби хьвадизе квегIенаб куцалъ, заманалъе лъураб кьо буго гьениб гьабсагIат. ЦIияб кьо баялъул иш гIедегIинабизе ккелинги лъазабуна гьес транспорталъул министрасул ишал тIуралев Ширухан ХIажимурадовасда.

    Ругъелда росулъги ГI. ГIамирхановас хал гьабуна школа-интернаталъухъ. Щвана киналго классазде, кIалъана лъималгун. Хал гьабуна спортзалалъухъ, богорукъалъухъ, общежитиялъухъ. Жиндаго халлъарал гIолел-гIоларел рахъалги хIисабалде росун, гьел роцIинаризе кумек гьабилинги абуна премьерас.

   — Ункъо министрги цадахъ вачун, республикаялъул хIукуматалъул нухмалъулев нижер районалде вачIин дица рикIкIуна кIудияб лъугьа-бахъинлъун, — ин бицана Шамил районалъул нухмалъулев ХIасанов МухIамадица. — Гьолокье, Ругъелде ва Гьоор-Хьиндахъе щун хадуб, райадминистрациялда данделъиги тIобитIана. Щварал бакIазда рихьарал гIунгутIабазул хIасилги гьабун, гьел тIуразе квербакъилин абуна ГIамирхановас.

   Нижецаги бицана районалда чара гьечIого тIуразе кколел масъалабазул хIакъалъулъ. Мисала, ТIасабакълъухъ ва ГIуриб росабалъ цIакъ хIажат руго фельдшеразулгун акушеразул пунктал. Къелеб, Дагъбаш ва Ракьуб росабалъе бухьен гьечIолъиялъул рахъалъ буго къварилъи. ГIасаб ва ХIотода росабалъ гьечIо ясли-ахазул минаби. ХIасил-калам, хIукуматалъул рахъалдаса кумек гьечIого, нижеда тIуразе кIоларел киналго суалал цере лъуна нижеца премьерасда. Баркала буго гьесие нижехъе вачIине заман батаралъухъ.

   Ашахан ЮСУПОВ