Вакцина гьабурал цIикIкIана

 

    20 апрелалда Сергей Меликова­сул гIахьаллъигун тIобитIараб опе­ративияб штабалъул данделъиял­да бицана вакцинация гьабиялъул хIакъалъулъ.

     Сахлъи цIуниялъул министер­ствоялъул баяназда рекъон, вакци­на гьабун буго 52 азарго чиясе.

      Роспотребнадзоралъул нухмалъулев Николай Павловас абуна сордо-къоялда жаниб ковидалъ ун­таразул къадар 0,13 проценталдаса цIикIкIинчIин. Цересел анкьазда рукIарал тарихазухъ балагьани, гьезул къадар дагьлъун буго.

    Ашахан ЮСУПОВ