Улбузда чIвалеб квер ва президентасул баркала

 

          21 апрелалда Владимир Путиница хитIаб гьабуна РФялъул Федера­лияб Собраниялде.

      Улкаялъул бетIерас хитIаб байбихьана коронавирусалда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалъул бициналдалъун. РакIалде щвезабуна 2020 со­налъ гIемерав чиясе ккараб къварилъи. Баркала кьуна тохтурзабазе, Роспотребнадзоралъул, низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабазе. Бицана гьанже аслияб жо бугин кинавго чияс вакцина гьаби. Хасго рохизе ккараб хIужа бугин ковидалде данде 3 батIияб вакцина улка­ялда хIадур гьаби.

      Халкъалъул рукIа-рахъиналъулги социалиял масъалабазул­ги бицунелъул тIадчIей гьабуна гIисинал лъимал ругел улбузда кверчIвазелъун чанго программа хIадуризе букIиналда. Эбел яги эмен гьечIел хъизамалда гIолеб лъимадуе, ай 8-16 сонил ригьалда ругезе кьезе буго щибаб моцIалъ 5600 гъурущ. Кумек гьечIого хутIарай лъимаде йигей эбелалъеги щибаб моцIалъ кьезе буго 6360 гъу­рущ. Школалде унел лъимал ругеб ва исана тIоцебесеб классалде лъи­мер унеб хъизамалъеги августалда кьезе буго 10000 гъурущ.

     Росабалъ ва шагьаразда ругел музеялгун клубал къачIазе 24 млрд. гъурущ биччазе бугинги абуна В. Путиница. Гьединго лъабго сонал­да жаниб регионазе кьезе буго «Хе­хаб кумекалъул» 5000 машинаги. Гьезда гьоркьоса 123-яб щвезе буго нилъер республикаялъе.

    Президентас лъазабуна кодор лъималгун поликлиникабаздаги больницабаздаги иргаялда улбул чIезе тIамулеб къагIидаялъеги ахир лъезе бугин.

    Гьединго лъазабуна рукъалда аскIобе газалъул мухъ бачаралъухъ бетIергьабазухъа гIарац босулеб къагIидаги лъугIизабеян.

      Улкаялъул бетIерас бицана цIалул тIахьазул хIакъалъулъги. Гьес абуна жинда кинго бичIчIизе кIолеб гьечIин гьел тIахьал хъвалел щалали ва кир цIаларал чагIияли. Цебе ккараб жо хъван батулеб бу­гила гьезда.

    Ашахан ЮСУПОВ