Ралъдалъе чороклъи биччарал ратана

 

  Каспий ралъад чорок гьабиялъул гIайиб Дербенталъул чогъролгун коньякалъул заводалда бугин абуна гьеб шагьаралъул нухмалъиялъ.

  Чанго къоялъ цебе социалиял гьи­назде рехун бачIана Каспий ралъдалъе рогIороялъусан чвахулеб чорокаб лъим бихьизабураб видеоролик. 5 апрелалда гьелъие жаваб гьабуна Дербенталъул ад­министрациялъ. Гьезул рагIабазда рекъ­он, чагъир гьабулеб «Дагъистан» абураб комбинаталъ щибаб соналъ биччалеб буго ралъдалъе гьеб чороклъи.

   Гьелъул хIакъалъулъги лъазабун, жи­деца февралалдаго кагътал ритIанин ДРялъул тIабигIат цIуниялъул рахъ­алъ прокуратураялдеги, Роспотребнадзор ва Ростехнадзор идарабаздеги, амма гьез кинал рукIаниги тадбирал гьаричIин лъазабуна Дербенталъул администрациялъ.

  Ашахан ЮСУПОВ