ХIеж лъаларо, 9 май кIодо гьабизе буго

 

Коронавирусалда сверухъ республикаялда бугеб ахIвал-хIал жакъа къоялъги парахатаб гьечIо. Унтаразул къадар дагьлъулеб гьечIолъиялъул хIакъалъулъ бицана 6 апрелалда тIобитIараб Оперативи­яб шатабалъул данделъиялда ДРялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Сергей Меликовасги.

— Цо къоялда жаниб унтулезул къадар бахунеб буго 40-45 чиясде. Гьеле гьеб гIиллаялъ буго нилъеца гьаб данделъи щибаб анкьалъ тIобитIулебги.

Гьединлъидал цо-цо тадбиразда хурхун лъазарурал гIорхъичIваял жеги нахъе рахъизе бегьуларо. Гьел цIакъго рекIеда къан руго цо-цо чагIазда. Мисалалъе, бертаби тIоритIулел рукъзабазул бетIергьабазул гIарз буго жидер бизнес чIун хутIиялда бан. Амма гьезие зарал кколеб бугин абун, тIубараб халкъалъего бугеб хIинкъи нилъеда кIочон тезе бегьуларо, — ян абуна С. Меликовас.

Оперативияб штабалда рорхана республикаялда маялъул байрамкъоял кIодо гьариялъул ва гьединго исана хIежалде сапар гьабиялъул суалалги. Унтуца цIакъго хIал гьабулеб букIиналда бан, Бергьенлъи босаралдаса 75 сон тIубай гъоркьиса кIодо гьабун букIинчIо улкаялда. Исана, щиб рес ба­тунги, 9 май нилъеца хIурматияб куцалда тIобитIизе кколин лъазабуна С. Меликовас.

Гьесул рагIабазда рекъон, гIемерисезул рахIат хвезабун буго хIежалде исана риччаладай абураб суалалъги.

— Дида бичIчIула нилъер хIажизабазе бугеб ургъел. Амма гьабсагIаталда чIванкъотIараб хIакъикъат гьечIо гьеб суалалда сверухъ. СагIудиязул ГIарабиялъ нилъер республикаялъе бихьизабураб квотаги гьечIо. ХIежалде риччаялъе аслияб шартI буго коронавирусалъ унтиялъул къа­дар нилъер республикаялда гIодобегIанаб букIин. Амма гьединаб хIасил гьабсагIат гьечIо. ГIагараб заманалда гьеб хисизабизе кIвеялде хьул буго, — ян кIалъана республикаяъул нухмалъулесул ишал тIуралев.