Лъабго цIияв хIаким

 

    Араб анкьалъул ахиралда республикаялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Сергей Меликовас хиса-басиял гьаруна хIукуматалда.

    Спорталъул ва физическияб культураялъул министрлъун тIамуна ДРялъул эркенаб гугари­ялъул рахъалъ федерациялъул нухмалъулевлъун вукIарав Сажид Сажидов.

     С. Сажидов ккола дунялалъул ва Европаялъ­ул кIицIул чемпион. 2004 соналда Афиналда тIоритIарал Олимпиялъул хIаязда гьесие щвана мазгарул медаль. 2020 соналъул октябрь моцIалде щвезегIан вукIана республикаялъул тIаса бища­раб командаялъул кIудияв тренерлъун.

     ДРялъул хIукуматалъул вице-премьер Муслим Телякавовасул гIахьаллъигун тIобитIараб данделъиялда Спорталъул министерствоялъул хIалтIухъабазулгун лъай-хъвай гьабуна цIияв министрасулгун. ГIемерал соназ гьабураб ракIбацIцIадаб хIалтIухъ, гьанжелъизегIан министрлъун вукIарав МухIамад (МахIач) МухIамадовасе баркалаги кьун, М. Телякавовас абу­на гьесул бажариялдалъун ахирал соназда республикаялда спорталъул гIезегIан лъикIал ишал кканин. РакIалде щвезаруна, эркенаб гугариялъул ва боксалъул рахъалъ, щибаб соналъ нилъер спортсменаз росарал бергьен­лъаби. Рехсана цогидалги тIокIлъаби.

    Нижехъе щварал цо-цо баяназда рекъон, гьев Гъизилюрт районалъул нухмалъулевлъун тIамулев вуго. Гьелъул хIакъалъулъ бакка-бахъи гьабу­на М. МухIамадовасги ва абуна нагагь гьаниб «гьава-бакъ рекъечIев» чи ккани Гъизилюрталде ваккейин, гьениб киназего гIураб хIалтIи букIине бугин.

    Лъай кьеялъул министрлъун тасдикъ гьавуна республикаялъул росдал магIишаталъул универ­ситеталъул ректорлъун вукIарав ЯхIя Бучаев.

    Лъай кьеялъул министрлъун тIамурав ЯхIя Бучаевги бажари бугев, хIалтIи бачине лъалев чи вукIин киназдаго лъала. Гьев ректорлъун вугебгIан мехалда росдал магIишаталъул универ­ситеталда цониги ришват босараб хIужа ккечIин гIемер бицуна.

    Республикаялъул ралел бакIазул министрлъун тана Артур Сулейманов.

     Ралел бакIазул министрасул хъулухъалде тIамурав Артур Сулеймановас лъугIизабуна Ниж­ний Новгород шагьаралъул ралел бакIазул уни­верситет. Дагьаб заманалъ гьенивго хIалтIунги вуго. Амма гьесул бажари-гьунар бихьанин абизе бегьула «Ростех» абураб пачалихъалъулаб корпо­рациялда хIалтIулеб заманалда.

      — Дагъистаналда хIалтIарав чи гьечIониги, дида лъала дирго ракьалъул гIадаталги, умумузул тарихги, рахьдал мацIги. Республикаялда ругел гIунгутIабиги гIезегIан лъикI лъала. Цере лъурал масъалаби руго кутакалда кIвар бугел ва хьул буго цадахъ лъугьун гьел тIуразаризе кIвелин абураб, — ан абуна А. Сулеймановас министерствоялъул хIалтIухъабазулгун лъай-хъвай гьабулеб мехалда.