ГIансиялъ росабалъе нух къана

    

    24 марталда Анцухъ мухъалде гIансиги тIун, 29 росулъе нух къотIана. Хехаб заманалда жаниб нух бацIцIад гьабизе бугин лъазабуна республикаялъул Транспорталъул министерствоялъ.

   21 марталда Рутул районалъул ЦIахур росдада аскIоб гIансиги тIун, ичIго росу хутIана жанибе нухги гьечIого. 23 марталда гIансиги тIун, нух къотIана Гъуниб-Вантляшевский габурлъухъги. Гьебго къоялъ къасиялдехун цIидасан гIанси тIуна Рутул районалда. Гьаб нухалъги нух гьечIого хутIана ичIго росулъ гIумру гьабун вугев 4000-ялдасаги цIикIкIун чи.

   А. ЮСУПОВ