Жагъаллъараб кьоялъ къо хIехьечIо

 

     15 марталда Шамил районалда бугеб кьодул цо сакги биххун, нухги къотIун хутIана лъабго росу: Гьоор, Гьоор-Хьиндахъ ва КъахIиб. Биххун унаго гъоркье бортана гьелда тIасан унеб букIараб КамАЗ машина. Республикаялъул Транспорталъул ва нухазул магIишаталъул министерствоялъул пресс-хъулухъалъул баяналда рекъон, кьо биххана цIакъго кIудияб бакIлъи хIехьезе кIвечIого.

    Гьеб хIужаялде кIвар буссинабуна РФялъул ЦIех-рехалъул комитета­лъул республикаялда бугеб идараялъ. Кьодул жавабчилъи жидеда тIаде кколел идарабаз щай гьеб иш сан гьабичIого тарабин суал лъуна гьез. Гьеб хIужаялда хурхун рагьун буго уголовнияб делоги.

    2015 соналдаго гьеб кьо босун букIана биххун иналда х1инкъи бугел кьоязул сияхIалде. Гьединлъидал 20 тоннаялдаса цIикIкIун бакIлъи бу- геб автотранспорт тIасан хьвадизе бегьулароан. Амма 15 марталда гьелда тIасан унеб букIараб КамАЗалда тIад букIун буго 40 тонна. Бихьизабураб нормаялдаса цIикIкIараб бакIлъи бугеб транспорт кьода тIасан ине бегьуларин абураб гIаламат чIван букIине кколаан гьениб. Амма гьениб гьединаб игIлан букIун гьечIо.

     Кьо биххараб бакIалде щвана республикаялъул транспорталъул ва нухазул магIишаталъул министрасул ишал тIуралев Ширухан ХIажимурадов. «ХIинкъи гьечIел ва щулиял нухал» абураб федералияб программаялда рекъон, 2022 соналда гьеб кьо цIи гьабун къачIазе хIисабалде босун букIанин бицана гьес.

    Республикаялъул «Дагавтодор» идараялъухъа гьеб хIужаялда хурхун нижехъе баянал щвечIо. Биххараб кьодул хIакъалъулъ гьезул сайталдаги щибго хъвараб жо батичIо. Амма нижехъе щварал баяназда рекъон, гьединалго кьоял жеги чанго руго республикаялда. Ругониги, къокъаб заманалда гьел къачIазе ялъуни цIиял разе гIураб гIарац гьабсагIат гьечIо. Гьелъие къваригIуна заманги гIемераб сурсатги.

    Шамил районалъул КъахIиб, Гьоор ва Гьоор-Хьиндахъ росулъе гьабсагIат машинадул нух гьечIо.

    — ГIагараб кIиго къоялъги гьедин букIинин ккола иш. ГьабсагIат лъим жаниса ине кIудияб анкьго рогIороги лъун, гьезда тIаде гамачIгун салиракьги бан, нух гьабизе байбихьун буго, — ян бицана Гьоориса МухIамад МухIамадхIажиевас. – ГьитIинал машинаби, гьединго «Хехаб кумек» ва цIа свинабулезул хъулухъалъул машинаби хьвадизе бегьулеб къагIидаялъ гьабулеб буго нух. Росдае гIураб квалквал кканиги, гьелъул бицине бегьиларо, чиясул гIумруялъе къварилъи ккечIого хутIидал.

    Гьесулго рагIабазда рекъон, 10 апрелалдехун лъугIулеб хIалалъ къачIалеб буго гьабсагIаталда кьо.

   А. ЮСУПОВ