Партиялъул цевехъан вищана

 

    Нилъер республикаялда «Партия Роста» абураб партиялъул нухмалъулевлъун вищана Гъизилюрт районалъул бетIерлъун вукIарав МухIамад ШагIбановасул вац ГIалиасхIаб (гьевги заманаялъ гьебго хъулухъалда вуго).

    Россиялда гьеб партиялъул цевехъан ккола РФялъул президентасда цеве вугев вакил Борис Титов. Гьевги гIахьаллъана МахIачхъалаялда ГI. ШагIбанов вищизе тIобитIараб данделъиялда.

   Бицен гьабулеб партиялъул вакилзабазда ракIалда буго исана сентябралда Халкъияб собраниялде тIоритIулел рищиязда гIахьаллъи гьабизе.

    З. ХIАЖИЕВА