ЧIужугIадан хвалдаса хвасар гьаюна

 

   Инсанасул лага цIуниялъе гIоло республикалдаго тIоцебесеб, цIакъ захIматаб операция гьабуна гьал къоязда МахIачхъалаялда.

     Республикаялъул перинаталияб централде захIматаб хIалалда ячун ячIана лъимаде йигей гIадан. ГIагаразе бокьун букIана гьей Москваялде ячине, амма дое щвезегIан чIаго хутIиялда хIинкъи букIиналъ, гьезда кIвечIо таваккал тIамизе. Операция гьабулелъул кIудияб хIинкъи букIана бокьараб лахIзаталда ургьибе би чвахун бачIиналдаги. ТалихIалъ, тохтурзабазда кIвана цохIо гIолохъанай гIадамалъул гIумру хвасар гьабизе гуребги, гьелъул тIонч1орукъ цIунизеги.

    Ашахан ЮСУПОВ