Тумал гочинариялъул бицана

 

    9 марталда ДРялъул хIукуматалда тIобитIана Новолак районалъул гIадамал цIияб бакIалде гочинариялъул бицараб данделъи.

    ХIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирхановас абуна 30 соналда жаниб тIубан бахъунеб гьечIила гьеб суал -зама-заманалдасан свинабулеб бугила гьениб газгун канлъи, рагIаракьанде щун гьечIила цIадаздаса хадуб лъим чвахизе хIажалъулел бакIал гьари. Гьединал каналал гьечIолъиялъ лъим кIанцIулеб буго шагьранухазде, росабалъе.

   Гьал къоязда Москваялда, Федерациялъул Советалда Дагъистаналъул къоял тIоритIулеб мехалда, хIукму гьабуна гьел нухал къачIазеги, канализация гьабизеги 3, 5 млрд гъурущ биччазе.