КОРги къачIазе нухалги гIатIилъизе

 

    МОСКВАЯЛДА ТIОРИТIАНА НИЛЪЕР РЕСПУБЛИКАЯЛЪУЛ КЪОЯЛ

 

 

     1-3 марталда РФялъул Федерациялъул советалда тIоритIана «Дагъистаналъул къоял». Гьеб тадбир тIобитIана Дагъистан Республика гIуцIаралдаса 100 сон тIубаялда бан.

     ДРялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Сергей Меликовасул бетIерлъиялда гъоркь дагъистаниязул кIудияб къокъа гIахьаллъана гьеб тадбиралда.

     Тадбиралъул тIоцебесеб къоялъго, 1 марталда, Федерациялъул советалда тIобитIана бюджеталъул ва финансазулал базаразул рахъалъ комитеталъул гIатIидаб данделъи. Нилъер республикаялъул мисалалда регионал бюджеталдалъун хьезариялда хурхарал кIвар бугел суалал гьоркьор лъуна гьенир. Видеоконференциялъул кумекалдалъун гьелда гIахьаллъана ДРялъул финансазул министр Юнус СагIадуевги.

 

    НЕКIСИЯБ ШАГЬАРАЛЪЕ ГIЕМЕРАБ ГIАРАЦ ВА КОРАЛДА ЦIИЯЛ РОГIРАЛ

 

     Гьеб данделъиялда гьоркьоб лъуна Дербент шагьар социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетIеялъулги, ракь ччукIун иналда хIинкъи бугеб бакIалда рарал минабахъ гIумру гьабулел гIадамал санагIатал шартIал ругеб бакIалде гочинариялъулги, хъублъи жанисан чвахулел рогIрал цIи гьарун къачIаялъулги, гьединго тIадеги гьел раялъулги сулалал.

     Федерациялъул советалда гьединго борхана КОР цIигьабун къачIаялъул суалги.

     Каналалъуса чвахулеб чорокаб лъим сабаблъун гIадамазе бугеб тIагIам бахъиялъул бицана Сергей Меликовас Федерациялъул советалъул сенаторазе. БацIцIадаб гьечIолъиялъ жакъа къоялъги халкъалъухъе машинабаз баччун щвезабулеб бугин бацIцIадаб лъимин бицана гьес.

     Каналалъул реконструкциялда хурхун гьаризе бегьулел хIалтIабазул хIакъалъулъ бицана хIукуматалъул вице-премьер ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас. Гьесул рагIабазда рекъон, 91 км халалъуда бугеб каналалъул 30 км гурони МахIачхъалаялда жанисан унаро.

     Гьелда тIадеги цо-цо бакIазда рарал гIемертIалаял минаби битIахъего каналалда цун гIадин ран руго. Гьеб сабаблъун гьенибе чвахулеб буго гIемераб хъублъиги кьищни-къулги.

 

     Гьеб гIунгутIи хисизабун бажарулин каналалда жанисан кIудияб гIатIилъиялъул рогIрал лъуниян абуна ГI. ГIабдулмуслимовас. Гьесул рагIабазда рекъон, хIажалъула диаметралда 2- 2,5 метр бугел рогIрал. Гьезда ва цогидал хIалтIабазда тIад унел харжалги хIисабалде росун, хIажалъулеб буго 15-18 млрд гъурущ.

    РФялъул Росдал магIишаталъул министерствоялда цебе гIуцIараб мелиорациялъул департаменталъул нухмалъулев Дмитрий Сорокиница абуна реконструкциялда хурхун нилъер республикаялъ загьир гьабураб пикруялъул рахъ кквелила жидеца.

     Амма цо-цо техникаялъулал масъалаби мухIкан гьаризе ккелинги тIаде жубана гьес. Жанисан тIубанго бетонги тIун гьабураб канал, бицен гьабулел рогIралги лъун хисизабулеб бугелъул, мухIканаб проекталъулабгун сметаялъулаб документация хIадурго букIине ккелин абуна Сорокиница.

 

    КIУДИЯБ, ГIАТIИДАБ, МАГИСТРАЛИЯБ ШАГЬРАНУХ

 

    Гьединго Москваялда тIоритIарал республикаялъул къоязул хIасиллъун ккана МахIачхъала­ ялдагун Дербенталда сверун цIияб, гIатIидаб шагьранух бахъизе хIу­ кму гьабиги.

    «Кавказ» федералияб шагьранухалъул хIал гIолеб гьечIин киналго машинабазул чвахиялда данде чIезеян абуна республикаялъул нухмалъулесул ишал тIуралев С. Меликовас. Гьединлъидал хIажат буго республикаялъул севералъул рахъалдаса югалъул бутIаялде щвезегIан цо гIаммаб кIудияб магистраль. Меликовасул пикруялда рекъон, гьеб лъугьине буго республикаялъул тIоцебесеб, кIудияб масштабалъулаб проектлъун.

    Данделъиялда борхана нилъер республикаялда рагIалде рахъинчIого хутIарал ралел бакIазул суалги.

    2020 соналъул 1 январалде батун буго 1354 гьединаб объект.

     ГIаммаб куцалда гьел разе хIажалъулеб буго 41, 4 млрд гъурущ. Гьезда хурхун хIадур гьарун рукIарал федералиял программабиги заман щвелалдего рагIалде рахъун, гьел киналго бакIал хутIун руго хадубккунисеб хIалтIи гьабизе гIарацги гьечIого. Гьел киналго ран лъугIизаризе цIидасан гIарац биччазе хIукму гьабуна.

 

    ДАГЪИСТАНИЯЗЕ БИЩУН ДАГЬАБ ХАРЖ, ВЫСТАВКА ВА «ЛЕЗГИНКАЯЛЪ» ПАНА ГЬАЮРАЙ МАТВИЕНКО

 

     ДРялъул финансазул министр Юнус СагIадуевас Федерациялъул советалда борхана нилъер гьаниб гIадамазе щолеб моцIрол харжалда хурхун суалги. ХIалтIулев чиясул гьоркьохъеб харж буго 24 000 гъурущ.

    Министрасул пикруялда рекъон, гьеб ккола улкаялъул регионазда гьоркьоб бищун дагьаб къадар.

     ЦохIо социалиялгун экономикиял суалазул бицун течIого, культурияб программаги хIадур гьабун букIана республикаялъ.

    ТIасияб Палатаялъул залалда рагьун букIана республикаялъул Тахо-Годилги, ПатIимат ХIамзатовалъул цIаралда бугеб Изобразительниябги музеяз хIадур гьабураб выставка.

     Федерациялъул советалъул сенаторазда цебе бахъана нилъер машгьураб «Лезгинка» ансамбльги. Гьелъ хасго асар гьабуна спикер Валентина Матвинкое. КIудияб баркалаги кьун, кIодо гьаруна гьелъ нилъер кьурдухъаби.

 

Ашахан ЮСУПОВ