МахIмудил лирикаги ХIамзатил дарсалги

     Араб анкьалда Авар театралда тIобитIана «Дагъистан» басмаханаялъ къватIире риччарал авар адабияталъул классикал ХъахIабросулъа МахIмудил ва ЦIадаса ХIамзатил тIахьазул церелъей. Дандеруссин нухда бачана филологиял гIелмабазул доктор АхIмад МуртазагIалиевас. Гьес ракIалде щвезабуна классиказул творчество ва бицана «Дагъистан» басмаханаялъ Дагъистаналъул адабияталъул классиказул тIахьал цIидасанги къватIире риччаялъе гьабулеб бугеб хIалтIул.

    Гьенир кIалъазе рахъана ва ша­гIирзаби ракIалде щвезаруна «Дагъистан» басмаханаялъул директор ГIумаргIусман ХIажиевас, Россиялъул Журналистазул союзалъул Дагъистаналда бугеб отделениялъул председатель ГIали Камаловас, «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редакторасул заместитель Зикрула Ильясовас.

    Театралъул артистаз рикIкIана, ахIана МахIмудил ва ХIамзатил кучIдул. Актераз рихьизаруна «МахIмуд ва Муи» ва ХIамзатил пьесабаздаса бутIаби

    МагIарулазе цоги нухалда рес щвана МахIмудил лирикаялъухъги ЦI. ХIамзатил гIумруялъул дарсазухъги гIенеккизе.

    Гьединго данделъиялда гIахьал­ лъана Франциялда гIумру гьабун йигей ва гьениб «Кавказалъул клубалъе» нухмалъи гьабулей Ума ХIайбулаева ва гьелъул лъабайго яс. ВатIаналдаса рикIкIад ругониги, гьез берцинго бицунеб букIана магIарул мацI.

ХIамзатил Расулил дунялалдаго машгьураб «Къункъраби» кечI гьез рикIкIана магIарул, гIурус ва ингилис мацIазда.

Ш. ХЪАЗАНБИЕВА