«МацIал рижула, церетIола, унтула, хола»

     Рахьдал мацIазул къо кIодо гьабуна ДГУялъул филологияб факультеталдаги. Гьениб гIолилаз бихьизабуна жиде-жидер миллатазул хаслъи. Гьелъие гIоло гьез тIибитIун букIана умумузул кванил тепси, ахIана миллиял кучIдул, гьаруна кьурдаби.

     МагIарул студентазул горсверуда хасаб чIаголъи лъугьинабун букIана гьеб киналдаго цадахъ жеги диалектазда кучIдул ахIиялъги.

      Гьедин данделъарал пана гьаруна ЦIоралъул магIарулазул, сугъулдерил, бежтIадерил, цIунтIадерил, гIахьвалазул мацIазда ахIарал сариназ.

     Студентаз бихьизабуна бахIарай лъадае ячунеб гIадатги.

    Гьезда рахьдал мацIазул къо баркизе вачIун вукIана филологияб факультеталъул декан Шабан Мазанаевги. Гьес бицана ахирал соназда жидехъе цIализе магIарухъа гIолилал гIемер рачIунел гьечIин. Цогидал миллатал дагь ругонигицин жидее гьедигIан ургъел кколароанин. Амма гьанже магIарул студентал дагьлъиялъ жал пашманлъизарунин абуна деканас.

      «МацIалги, гIадамалго гIадин, рижула, церетIола, унтула, хола. Дунялалда бугеб анкьазарго мацIалъул кIиазарго мацI хутIизе рес буго нусго соналдасан. Щиб лъалеб, нилъер мацIалги ккезе бегьула гьезда гьоркьоре. Нилъеда чIезабизе кIоларо гьеб. Гьедин тIагIана дунялалдаса латинги, санскритги (индиязул), греказул мацIалги. Цо заманалда ивритги букIана дунялалдаса тIагIун. Амма жугьутIаз гьеб цIилъизабуна», — ян бицана Ш. Мазанаевас.

     Гьединго нилъецаги сах гьаризеги цIунизеги кколин нилъерго мацIалин тIаде жубана деканас.

      З. ХIАЖИЕВА