Огь, эбелалъул ракI…

ГанчIиде сверараб, гIанси лъугьараб

 

Эбелалъул ракI. Бугебдай дунялалда дур багьа борцунеб роцен!? ГIазул хIулабигIан хIеренабги, махх-чарангIан къвакIарабги, кьурабигIан согIабги, сариналгIан недегьабги. Жиндир къвакIиялъеги, къуваталъеги дунялго мукIурлъараб, бищунго бахIарчиял бихьиназги жиндие бутIрул къулараб, даим намусалъул асирлъуда ругел руччабазе мугъчIвалеб дарманлъунги кидаго батулеб. Лъимадул ургъелаз дунялго цIолеб, гьелъул къварилъабаз гьитIин гьабулеб. Абадиялъего херлъизе рес гьечIел дунялалъулго улбузул ракIал.
Амма жакъа къоялъ рагIулел вахIшиял, ракIгъанцIизабулел цо- цо харбаз сири базабула тIолабго черхалда. Лъимадул къисматалда талихIалъул накъишал угьулеб эбелалъул гьимигицин ургъел гьечIолъиялъул рагIдукье кколеб буго.
Эбелги лъимерги — бугебдай дунялалда, кинидеги къулун, эбелалъ ахIулалдаса хIайранаб кечI дунялалда. Бакъул гвангъигицин жиндие къулулеб эбелалъул недегьлъи — гьелъ гурищ нухарегIулеб лъимер кIудияб дунялалде!?
Эбелин абураб дунялалдаго бищун тIадегIанаблъун кколеб цIаралъе мустахIикъаллъун гьечIел цо-цо руччабазул сариназухъ гIенеккидал, гIодизе бачIуна.

АхIмадил кIудияб талихI

Рехун тарал лъимал. Огь! Гьединал лъималазул магIуялъул бакI­лъи! Жакъа къоялдаги чан талихIкъосараб лъимер бугеб, эбелалъул гьаркьихъги гьимиялъухъги урхъун. Гьезие бакъ гьимулеб буго батIияй чIужугIаданалъул бадисан. Гьеле гьединаб бакъул бетIергьанлъун вахъун вуго МахIачхъалаялда гIумру гьабун йигей дир курсцояй гьалмагъ Майсаратица хьихьун кIудияв гIолев вугев АхIмадги.
Майсаратил буго жийго бетIер­гьа­наб тукен. Цо къоялъ радал ту­каде щварай гьей чIаралъуйго ху­тIана, клеенкаялда гъорлъ жемараб гIомогоро гIадаб жо багъаризе лъугьиндал. Заманалдасан гьей тIуркIизаюна лъимадул гIодиялъ.
Огь, эбелалъул ракI… Зобалги ракьалги цоцалъ кьабичIодай, гьеб лъимерги къватIибе рехун, лъутун уней чIужугIадан йихьидал! АхIмадие камураб щибго гьечIо хъизамалда вугевщинав чи тIаделъун гогьдаризавуниги, гьев гIолев вуго чорхолъ иман-яхI цIикIкIарав васлъун. Унго-унгоги Майсаратицаги гьесие бицунеб недегьаб мацI, веэдун толев куц гьев. Жидергоги лъабго лъимер бугониги, ункъабилев АхIмад ккола киназулго хазина, гьев лъугьана бищунго бокьулеб лъимерлъун. Майсаратица абула цо-цо мехалда хIинкъизецин бачIунила, нагагь АхIмад гьавурай эбелалъ, хадуб халги ккун, гьев викъилин ва гьесда кинабго бицинилан. Гьеб букIина Майсаратие къисматалъул кутакаб кьабилъун. АнцIила щуго сон барав вас, авариялде ккун, хвана Майсаратил. Руго гьелъул жеги кIиго васги цо ясги. Амма АхIмадица хасаб бакI ккола гьелъул гIумруялъулъ. ТIадегIанавги жинда АхIмадил баракаталъ гурхIулев ватулилан абула анцIгониги сон унтун балеб бугей Майсаратица.
Дица гIемер пикраби гьарула, АхIмад вихьидалги. Кида-къадги лъала гьесда жиндирго къисматалъу­л къиса. Ялагьиладай гьес жив гьавурай эбел!…

ШигIруялде бикьараб ургъел

Гьайги ккола дир гьудул-гьалмагъ. ГIолохъанай магIарул шагIир. Дида гьей жийго лъалароан. Амма цIалулаан рекIелъан би чвахулел гьелъул шигIраби. Гьейги ккола лъималазул рокъоса хьихьизе ячарай яс. Рашидатица (гьединаб цIар кьолеб буго дица гьелъие) кучIдузулъ нагIана кьуниги жий рехун тарай эбелалъе, бихьулеб буго гьей гьанжеги эбелалъухъ урхъун йигеб куц. Гьелъ абула жиндир йигин цохIо жий хьихьарай эбелин. Абуниги, пикрабазулъ гьей цо кидаялиго жий рехун тарай эбелалда цадахъ йиго. Ахир-къадги ятана гьелда дунялалдаго бищунго хирияйлъун хутIизе кколей йикIарай гIадан. Гьелда йихьулей гьечIо гьанжеги жиндаса лъутизе къваригIарай чIужугIадан, гьелда йихьулей йиго гIицIго эбел.
Огь, эбелалъул ракI… Жинца гьаюрай ясалъе дагьабгIаги бакI жиндир рекIелъ батичIей вахIшияй чIужугIадан. Гьале жийиланги абун, яс цее чIедалги, унго, хIинкъичIодай гьей? Кинаб асардай гьабуна гIансиялде сверараб гьелъул рекIее? Батизего батиларо гьелда ракI. БукIарабани, рес букIинчIо, лъимералъ къвал бараб мехалъгIаги, гьеб хIеккинчIого букIине.
ШагIирзабаз жидерго асаразулъ борхалъуде яхинаюрай, жидер къвакIиялъеги кьвариялъеги мугIрузгицин бутIрул къулулел, захIмалъаби къезарулел, къварилъа­би хIехьолел руччабазул цо-цо ишаз чIегIераб тIанкI лъолеб буго чIужугIаданалъул тIадегIанлъиялда.
Цояз инкар гьабурал, цогидаз гIезерурал рехун тарал лъимал…
Эбелалъул рахь кIутIбузда бакъвачIеб, гьеб рахьдал тIагIам щибали лъачIеб, хIасратай бабул кинидахъ кочIоца пана гьабичIеб, кIодоэбелалъул маргьа рагIичIеб, гьелъул цIурачадазул хIалбихьичIеб, эбелалъул кверазул хIеренлъи лъачIеб, гьез беэдичIеб, кьабичIеб, бабайиланги ахIун, гьелъул горбода хурхине рес щвечIеб, согIаб къисматалъул квачIикье ккараб талихI билараб лъимер. Лъималазул рокъоб­гицин жиб кIваричIин ахIдарай эбелалъухъ урхъараб. Даим пашманал беразул хIикматаб жавгьар. Эбелалъул бадисан талихIалъул бакъ жиндие гьимичIеб.

Берцинлъиялъул къуват

Гьаб хадусеб лъай-хъваялъги дие рагьана инсанасул хIикмалъиги берцинлъиги. Гьале гьадинаб рухIияб берцинлъиялъ хвасар гьабулин дуниялилан абулеб букIун батила гIурусазул машгьурав хъвадарухъан Ф. М. Достоевскиясги.
Больницаялда тохтуралъухъе иргаялда чIаразул читIир цIакъго халатаб букIана. КъватIиб квачанги букIана, балеб гIазуги букIана. Гьоркьохъеб ригьалъул бихьинчиги гьединайго чIужугIаданги рачIана тIаде. Ирга щвеялдаса хьулги къотIун, дун къватIие ана, рокъоедай инаян ургъулей йикIана. Дир пикраби цIаларал кинигин, гьев бихьинчияс дида абуна машинаялъуй гIодой чIезе ячIайила, ирга щвезегIанилан. Дида гьений дой чIужугIаданги ятана. Гьел ратана Гъуниб районалдаса магIарулал. Гара-чIварун, гIурабго заман ана. Цо заманалдасан ГIумар сагIтихъ валагьана, ва жив школалде Рамазан щвезавизе ине кколинги абун, машинаги бачун, ана. Цинги СалихIатица дие бицана Рамазанил хIакъалъулъ.
— Щибаб рогьалида, гIодилаго, вахъинавулаан Субаца жеги макьидаса вигьинчIев гьитIинав Рамазан. ГIемерисеб мехалда, вухулаго, вачунаан гьелъ вас ясли-ахалде. Жийгоги кидаго гIедегIун йикIунаан хIалтIуде. Эбелалъулги васасулги гьеб гизма бихьулаан ва рагIулаан мадугьалихъ вугев ГIумарида. Гьесда хIехьезе кIолеб букIинчIо васасул гIодиги эбелалъул ахIиги. Цо къоялъ васги вачун, гIедегIун уней Субаде данде ана ГIумар ва вас жиндир дова тейилан абуна. Суба цин йихха-хочана ва хадуй разилъана. Гьей, васги рокъов тун, унаан хIалтIизе. ГьитIинав Рамазан макьид гIорцIидал, гьев вачине ГIумар, яги гьесул лъади Булул, яги гьезул лъимал унаан. Бакъанида Субаги ячIунаан васасда хадуй. Гьедин ана гIуралго моцIал. ТIолабго хъизан ругьунлъана гьитIинав Рамазаниде. Гьев гьечIеб мехалда, ракIгъоларого букIунаан ГIумарил хъизан. Гьале цо къоялъ кватIана эбел васасда хадуй ячIине… Ва ячIинчIо тIокIалъ…
Долдаса нахъе ун буго анлъго-анкьго сон. ЦIияб хъизамалда цIияб талихI гьимана гьесие. Школалде-нахъеги ГIумарица машинаялда щвезавула Рамазан. ГIумарица гьеб жиндирго гьунарлъун гуребха рикIкIунебги бугеб. «Дир Булул лъикIай, хIеренай, хIалимай, рокьул цIураб ракIалъул гIадан йикIинчIейани, кIвезе букIинчIо дида вас нижеего тезе. Гьеб буго гIицIго гьелъул баракат — аслияб къагIидаялда гьейлъидалха лъимералъе хъулухъ гьабизе кколей гIадан. Жакъа цебечIезабизе кIоларо Рамазан гьечIеб дирго гIумру. Вокьула гьев дир васазеги,- ян абула ГIумарица.

БухIараб магIуги
бечIараб тIегьги

Гьал дица тIадехун рехсанщинал лъималазе талихIалъул бакъ гьимана батIиял хъизамазда. Чиякълъиялъул рагIдукьан баккун бачIараб бакъалъ хинлъизаруна гьезул ракIал. Улбул гурезда кIвана гьел лъимал цIияб гIумруялъул каранда кенчIезаризе.
Лъимал рехун тарал улбул. Бугебдай цогиги чIужугIадан инжитлъулеб рогьояб цIар!? Огь, эбелалъул ракI, эбелалъул ракI, ганчIиде сверараб эбелалъул ракI. Киндай гьелда макьу щолеб, щвараб гIоралъ айилан лъимерги тун. Лъимадул бухIараб магIуялъги жиндихъ гIащикъал беразул балагьиялъги хIеккинабулареб эбелалъул ракI. Унго, дур бакIлъиги, цIоройги, цIамхIаллъиги.
ТIадегIанас цоцазе бижараб хIасраталъул кIиго тIегь- эбелги лъимерги. Цоцаздаса тIезаризе лъида кIолеб. Гьеб кIиябго тIегь цIубазе, тIегьазе ккани, къваригIуна хIасратаб рокьи, эбелалъулги лъимадулги цоцазде бугеб. Цояб камунигицин, цоялъул гIумру талихIаб букIунареб. БечIараб буго гьаб дир макъалаялъул багьадурзабазул талихIалъул цояб тIегь, гIицIго гьаюрай эбелалда гурони, жиндие гIумру кьезе кIолареб…
Шамай Хъазанбиева