Хехлъиялъ лъикIалде рачунаро

Рос чIвазе къасд гьабуралъухъ кьураб микьго сон

 

Цоязе 8 март буго кIудияб байрам, цогидазе — гIадатияб къо. Амма руго гIадамал гьединаб рикьа-къотIи гьабизе рес гьечIелги. Гьединаллъун ккола, масала, Гъизилюрт шагьаралда бугеб руччабазул колониялда ругел руччаби. Гьенир, батIи-батIиял такъсиразе гIоло жанир тIамурал 100-ялдаса цIикIкIун руччабазда гьоркьор руго магIарулалги. 105 статьяялда (цебеккунго ургъун чи чIвазе хIадури) рекъон, 8 соналъ туснахъ гьаюрай, 30 сонил ригьалда йигей магIарулалъулгун буго нижер жакъасеб гара-чIвариги.
«Дун гьаюна гIайибчIвазе бакI гьечIеб, парахатаб хъизамалда», — ян бицана ГIайшатица. «Дир руго лъабго вацги лъабго яцги. Школалда цIализе дун квешай йикIинчIо, цIалана ункъилазда. Школа лъугIун хадуб хьвадана медсестрабазул курсазде. Гьелдаса хадуб, гIемер бокьичIониги, кьуна ригьнаде. Гьабуна кIиго лъимер, бана нижго бетIергьанаб мина. Материалияб рахъалъги щибго къварилъи букIинчIо. Кинабго унеб букIана берцинго. Амма заманалдасан росас байбихьана гIиси-бикъинал, кодоре росизе гIечIел жалазе гIоло кьабизе, чорокал рагIабаздалъун семизе, гьудул-гьалмагъзабазда цее дун чорок гьайизе, къватIиб бахъараб ццим рокъоб дида бецIизе. Гьедин, лъималазе гIоло кинабго хIехьон, ана 11 сон. Чара къосиндал, цо-цо унаан дирго эбел-инсухъе, тIокIаб гьабиларин гьезие бихьинчиясул рагIиги кьун, гьарун ячунаан нахъе. Цо нухалъ нижехъе ячIана дир гьудул. Гьелда лъалаан нижер рокъоб лъугьун бугеб ахIвал-хIал, росас дун хIакъир гьаюлеб куц. Гъос юхиялъ, гьумер гьорон йигей дида гьудулалъ абуна щайила мун гьебги хIехьон чIун йигей, нахъе инго бигьа букIинарищин. Дица абуна нахъе унги толей гьечIин, гьабизе жоги лъаларин абун. Жинда лъалин, жинца рекъезабилин абуна гъолъ. Къокъго абуни, рос чIвазе хIукму ккана. Гьудулалъ гьелъул хIакъалъулъ бицун буго жиндирго росасда. Гьесги бицун буго дирасда. Гьеб хабар щвана цIех-рехалъул органазде, дун ккуна, гьабуна суд ва йитIана колониялде».
— Судияс 8 сон кьолеб бугин абидал, кинаб асар дуе лъугьараб?
— Судалда дир росас абун букIана дун жаний тIамизайи жиндир мурадги гурин абун. Кин бугониги, дида лъалаан дун туснахъ гьаюлеблъи. ГьадигIан гIемер кьеларин абураб хьул букIана. Судияс 8 сонин абидал, ботIролъ цо жо кьабураб хIисаб ккана.
— Байбихьуда ругьунлъизе кIола­рого йикIанищ туснахъалда?
— СИЗОялда йигеб заманалда, лъималги аскIор гьечIого, кутакалда захIмат букIана. Гьание ячун хадуб, хIалтIудеги (колониялъул столоваялде) лъугьун дагьаб бигьалъана.
— Гьаниса эркенлъиялде буго дагьабго манзил, ай 50-гIанасеб метр. Амма, гьелдаго цадахъ, гьенибе буго цIакъго кIудияб «манзилги» — 6 лъагIелгIанасеб заман. ЗахIмалъулищ гьеб хIакъикъат къабул гьабизе?
— ТIоцебе захIмалъулаан. Кьишни базе борхалъиялде яхарабго, рихьулаан минаби, эркенлъиялда ругел гIадамал,… доеги балагьун, гIодулаан дун. Гьанже ругьунлъана — дида кутакалда лъикI лъала, кигIан бокьаниги, заман щвечIого дун гьаниса къватIие йиччалареблъи. Дирго гъалатIазул гьир баччизе, гьезул жаваб кьезе ккола дица.
— ЧIужугIаданалда рекъолеб бакI бугищ туснахъ?
— ГьечIо. Гьание ккедал, хисула чIужугIадан, хола нерваби, сахлъи, къадру-къимат. Туснахъалъ щибго лъикIаб жо кьоларо. Гьаниса щвараб пайда буго цо – бичIчIана гIемераб, хIисаб гьабуна гIумруялъулъ ккараб мекъаб-тIекъалъул, риччарал гъалатIазул. Туснахъалда йикIарай чIужугIадан абураб цIарги гIодобе ккараб къадруги кин дица баччизе бугеб? Гьелъул ургъел гьабсагIаталдаго буго дие.
— Дурго хIалбихьиялъул кьучIал­да, гьанире ккечIого рукIиналъе гIоло щиб дуца абилеб эркенлъиялда ругел руччабазда?
— Щиб кканиги, гIедегIуге, гьабе сабур, хIехье захIмалъи. Дир мисалалъги бицуна, дидаги гьеб кутакалда бичIчIана, хехлъиялъ лъикIалде рачунаро. КигIан къваридаб хIал бугониги, цо сабаб камун, гIатIилъиялде нух тIагIун букIунаро.
— Бихьизабураб заманалда рекъон, эбел-эмен, лъимал рачIунищ духъе яги гьел нахъе кIанцIунищ чIарал?
— Лъимал рихьизе толаро росас, гьезда бицунги гьечIо дун йигеб бакI. РачIуна эбел-эмен, яцал-вацал.
— Эбелалъги дуцаги сундул хIакъалъулъ бицунеб?
— Сундул бицинеб, дой гIодула, дун гIодула. Гьанже гьабизе жо гьечIин, хIехьон йикIайин абулаха.
— Дуца эбелалда?
— ТIасалъугьа… Гьел руго кидаго дица абулел рагIаби.
— Лъугьинадай?
— ТIасалъугьине дуца гьабураб жо гьечIин абулаха гьез. Гьедин абуниги, яс туснахъалде ккеялдаса захIматаб щибха букIинеб эбел-инсуе.
— Кин унги ина заман, тела туснахъ, юссинищ росулъе?
— Лъабго лъагIалидасан дир ихтияр букIуна, болжал лъугIи­лал­де, шартIияб къагIидаялда эркен­лъи­ялде йиччаян абун гIарза хъвазе (УДО). Гьедин гьабизе рес щола мисалияб, низам хвезабичIеб хьвада-чIвади бихьизабуни. Гьелде бугоха дир кIудияб хьулги. Аллагьас хъван батани, УДОялда рекъон те­ла туснахъ, рачун дирго лъималгун, йикIина парахатаб, берцинаб гIум­руялда. Ина эбел-инсухъе щвезе, дагьаб заманаялъ гьезда аскIойги чIе­ла, амма росулъ чIеларо, гьалдаса ха­дуб дида кIвезе гьечIо доба гIумру гьа­бизе.
— Гьале тIаде щолеб буго 8 март. Дуе гьеб кинаблъун букIине бугеб: цогидал къоялго гIадинаб гIадатияблъунищ яги…
— Эркенлъиялда гьеб букIана байрам, жание ккун хадуб… дие гьелъул батIалъиго гьечIо. Гьаниб жаниб гьелда хурхарал тадбиралги тIоритIула, амма дир рекIелъ байрамалъул рохел гьечIо.
— Кида лъанги лъамалаздаги лъала дур къисмат. Лъан хадуб ясалъ дуе кьуни «Щай, эбел»? абураб суал, кинаб жаваб дуца кьелеб?
— КигIан къокъаб батаниги, гьеб буго дие цIакъ захIматаб суал, гьелде дун хIадурго гьечIо…
ГIабаш ГIабашилов