Чара тIагIин

Шамат къоялъул къаси Семендер поселокалдаса, унтарай ункъгIалалдеги щун, нахъруссун рачIунел рукIана дунги хъизанги.

 

     Дунял рукIкIараб заман букIиналъ ва транспорталъул гIемерлъиялъ машина хехго бачине рес букIинчIо. Поселок бахарабго, кьоде щвелалде, тIоцебесеб МахIачхъалаялдехун квараниса сверуда машинаялъул канлъухъе дир берчIвана, квер борханиги, машинабиги чIоларого, рахIат хун, дове гьанииве хьвадулев гьитIинав васасда. Гьединаб тохаб бакIалда квачараб сордоялъ лъимерги тун ине дида кIвечIо ва, машинаги лъалхъизабун, гьев рекIинавуна. ГьитIинабго черхалъул загIипабго лага-саналъул вас вугониги, гьес машинаялда жанив гIодов чIарабго, адабалда кIудияв чияс гIадин кьураб саламалъ дир рекIее лъикIаб асар гьабуна. ГьитIинав бахIарчиясул хьвада-чIвадизе лъай бихьулищан диего пикруги гьабун, гIемер мехго инелде аскIов гIодов чIун вугев гьесда дица цIехана щай цадахъ чиги гьечIого, ригь гуреб заманалда къватIиве вахъараван. Угьун хIухьелги биччан, гьес абуна жив «первый МахIачхъалаялда» бугеб заправкаялде хIалтIизе рес кколарищан бихьизе унев вугин. Гьениб бензин тIолел лъималазе дагьа-ма­къабго гIарац щолилан. Гьединаб жавабалъ гIажаиблъизавурав дица гьесда гьикъана мун цIалулев гьечIевищан. Гьес бицана жив Шамхал поселокалда щуабилеб классалда цIалулев вугин. «Щайха дуе хIалтIи балагьун, цIалдолев вугев чиясе, эбел-эмен хIалтIулел гьечIищ?» — ан дица цIехедал, бицине бокьуларого гIадин сверсвелевги вукIун, гьес, гIодовеги къулун, абуна жиндир эбел-эмен авария ккун хванилан ва жив кIодоэбелалда аскIов гIумру гьабун вугин. Гьелъул хIал цIехедал, гьейги унтун йигилан, рагIун рагIичIого абуна гьитIинав цIалдохъанас. Гьесда ракI гурхIарав дида тIокIаб суал кьезе ва хабар халат гьабизе кIвечIо, ракI унтулеб гIадаб асар лъугьана чорхое.
     МатIуялъусан балагьидал, нахъа гIодой чIарай хъизаналъулги бадиб магIу кенчIелеб бихьана дида.
     ГIемер кватIичIого ниж рехсараб заправкаялде аскIоре щвана ва нухлулас жив гьанив рещтIинилан абуна. Машинаги лъалхъизабун, кисинисаги бахъун, гьесухъе дагьа-макъабго гIарац бегьана дица.
Гьес намусго гIарац босана ва, нижее къо лъикIги гьабун, чирахъаз гвангъизабураб заправкаялдехун балагьун ана.
Гьесда ракI гурхIиялъ дида заманаялъ машина багъаризабизе кIве­чIо. ЛъикIаб гуреб асар тана гьеб дандчIваялъ рекIелъ. Рокъове щведалги, гьев гьитIинав бесдаласул гьумерги цебечIун, къаси макьуги щвечIо.        Чандай гьединаб лъимер бугеб Дагъистаналда, 11 сон бараб за­маналда гIицIго жиндирго гуреб кIо­доэбелалъулгицин ургъел тIаде ккараб?!
Хириял магIарулал, кIвар кье­чIого тоге гьединал хIужаби. КIва­раб кумек гьабе гьеб хIажат бугезе. Гьеб нахъа батула тIаде бахъараб цIул гIадин.