Сахаватав тохтур – анкьил бахIарчи

«Россиялъул чIухIи» абураб сайталда бицуна ресукъал чагIазухъе гурхIел-рахIмуялъул квер бегьулел гIадамазул хIалтIул хIакъалъулъ. Гьенибго щибаб анкьалда вищула «Анкьил бахIарчи». Сайталъул хасаб жюриялъ 16 январалда бахIарчилъун вищана МахIачхъалаялда хIалтIулев вугев цаби-гIусазул тохтур, Хьаргаби росулъа Зайнудин ГIусманов. Гьев мустахIикълъана «Анкьил бахIарчи» абураб цIаралъе.

 

     Зайнудиница щибаб рузманкъоялъ чIобого кумек гьабула сакъатал ва ресукъал чагIазе: сах гьабула кариес, рацIцIуна, хъахI гьарула цаби-гIусал. Протезазухъ гурони, гьел лъура­лъухъ гIарац босуларо гьес мискинзабазухъа. Щибаб рузманкъоялъ гьес къабул гьавула ункъо-щугониги ресукъав пациент.
     «ХIехьезе кIолареб унти бугев чи рузманкъоялъухъ балагьун чIезавизе бегьуларо, гьединлъидал дица гьесие цогидаб къоялъги гьабула кIвараб кумек. Цо-цо мехалда, байбихьараб хIалтIи рагIалде бахъинабулаго, яги захIматго унтарал къабул гьарулаго, хIалтIул къо лъугIидалги, гьенивго чIезе ккола дун. Гьеб лъугьун буго дие ругьунаб ишлъун. Дун ккола тохтур, диего бокьун тIасабищана медицина, гьединлъидал дида тIадаб буго, заманалъухъги ресалъухъги балагьичIого, унтарасе кумек гьабизе», — ян бицана Зай­нудиница.
     Хадубги тохтурас абуна, жиндир нигат бугила хадубккун щибаб рузманкъоялъ гIицIго ресукъал, ай гIумруялъул захIматаб ахIвал-хIалалде ккарал чагIазул цаби-гIусал къачIазе.
     Зайнудинихъе рачIуна батIи-батIиял унтарал. ГIемер ккола, тохтурги махсараде ккун, чIобого цаби-гIусал къачIазе гъирабарал чагIи. Гьединлъидал тохтур хIажатавлъун кколев вуго гурхIел-рахIмуялъул фондазде гьез хитIаб гьабун бугищали халгьабизе. Гьел фондазда рукIуна ресу­къал, ай гурхIел-рахIмуялъул кумекалде хIажатал чагIазул сияхIал.
     Республикаялдаго цIар ун буго сахаватав тохтурасул. Гьесухъе рачIуна МахIачхъалаялда ва аскIор ругел шагьаразда гIумру гьабулел гIадамал. Тохтурас абуна, жив хIадурав вугин росабалъа рачIарал унтаразеги кумек гьабизе, амма захIмат букIунила, гьел хIакъикъаталдаги «диде ккарал чагIи ругищали» лъазабизеян абун.
     Зайнудиница тIокIлъиялда лъу­гIизабуна ДГМУ. Гьев ри­кIкIуна лъай-махщел камилав тох­турлъун. 2017 соналда Мос­ква­ялда тIобитIараб Халкъазда гьоркьосеб цаби-гIусазул тохтурзабазул анкь­абилеб Олимпиадаялда ДГМУялъул щуабилеб курсалъул студент Зайнудин ГIусмановас чIел босун букIана «Ортопедия» номинациялда. ТIолгороссиялъул ортопедиялъул жив-жив унтарасда рекъонкколеб слепок хIадуриялъе къваригIунеб гъуд гьабиялъул къецалда гьесие щвана тIоцебесеб бакI.
     Зайнудиница абуна, тохтурлъун цIалулаго, жинца нигат гьабун букIанила ресукъал унтарал чIорого сахгьаризе. Цо пуланаб дарсида жинца преподавателасдаги курсцояздаги гьеб къасдалъул хIакъалъулъ бицанила. Киналго гIажаиблъанила, амма студентаз жиндир къасда­лъул рахъкквечIила, преподавателасги, велъулаго, абунила, «бокьилаан, цIалиги лъугIун, хIалтIулеб мехалда баркалаялъухъ цаби-гIусал къачIалев мун вихьизе», — ян.
     Университеталда цIалулаго, Зайнудиница жигараб гIахьаллъи гьабулаан «Сподвижники добра» абураб студентазул жамгIияб гIуцIиялъулъ, хьвадулаан субботниказде, ифтаралъул садакъа бикьизе ва кьишниялъул къалал лъеялъул тадбиразде. Гьединаб хIалбихьиялъги квербакъанила жакъа гьабулеб гурхIел-рахIмуялъул хIалтIуеян абуна гьес.
     «ГIадамазе кумек гьабизе бокьи дилъ эмен МухIамадидасаги эбел ГIайша­ти­да­саги щвараб буго. Гьел руго хьергеб­дерил жамагIаталъе ку­мек-квер­бакъиялъе рахъун чIарал чагIи. Ма­сала, инсуца киридахъ къачIала нухал ва иццал. Дир яца­лъул буго лъималазул ратIлил тукен, ресукъал хъизамазе садакъаде бикьула гьелъги къайи.
БитIун бицани, киналго рази рукIуна дидасаги яцалдасаги, абула ниж цIакъ ракIгIатIидал чагIи ругилан. Дица абила, мискинчиясе кумек гьаби захIматаб иш кколаро, бокьани, гьелъие ресги заманги батула. ЧIорого ресукъал чагIи сахгьарунин абун, дун я мискинлъичIо, я гьелдаса дир ракIбухIичIо.
     ГIемерисел ресукъал унтарал ккола ракIги кверги гIатIидал чагIи. Цо-цо мехалъ гьез дие, чай гье­къезеян, гьуинал сайгъатал рачIуна. Ккола цо-цо кепал лъугьа-бахъиналги. Масала, цо нухалъ унтарасе дица чIорого цаби къачIана, нахъе унаго, гьес дир столалда тIад гIарац тун батана. Гьайгьай, хадусеб къабул гьавиялда дица гьеб гьесухъе кьуна. Амма дица киданиги инкар гьабуларо, гIадамаз жидерго квераз гьарулал расанкIабаздаса, гьединал сайгъатал дица бищунго къиматаллъун рикIкIуна, щайгуре­лъул дие гIоло чияс гьезие кьун буго жиндирго рокьиги ракIги», — ян абуна З. ГIусмановас.
     Тохтурасул нигат буго, живго бетIергьанаб цаби-гIусазул поликлиникаги рагьун, Дагъистана­лъул рикIкIадал районазул росабазул ре­сукъал чагIазеги кумек щолеб къагIида гIуцIизе.
     Зайнудиница абуна, жиндир мисалалда рекъон, гIезегIан тохтурзабаз байбихьун бугила ресукъал чагIазе чIобого кумек гьабизе. Жинца гьабулеб хIалтIи берцин бихьун, цадахъ хIалтIулел цо-цо тохтурзабазги, гIарац цIехечIого, мех-мехалъ къабул гьарулила ресукъал унтарал. Гьединго, телефоналъ ахIун, дандчIвайдал цIехон, медуниверситеталъул студентаз лъазабулила мискинзабазухъе рахIмуялъул квер бегьиялъе Зайнудиница ургъараб къагIидаялъул хIакъикъат.
     Зайнудиние кIудияб барка­ла за­гьир гьабулеб буго «ХIакъи­къаталъул» коллективалъ. Аллагьас дунялги ахиратги битIизабеги гьединав сахаватав магIаруласе. ЛъикIаб букIина республикаялъул больницабазул цоги тохтурзабазги гьесдаса мисал босани.
     ХIурматиял цIалдолел, бокьила гьеб рахъалъ нужер пикруги лъазе.