Гьаб дунял нилъер рукъ гуро

Садакъа кьезе ккола кваранаб квералъ, квегIалда лъаларедухъ

 

Нилъеда гIемер рагIула лъикIал ишал гьаруразул хIакъалъулъ бицунеб. Гьелдаго цадахъ абула: «Дуего зарал ккезе бокьун батичIони, чияе лъикIлъи гьабуге», — янги. ЛъикIав чилъун вукIинищ беццараб бугеб яги жиндирго тIалабги гьабун гIумру тIамийищ лъикIаб бугебин абураб суал борхизе бокьун буго гьаб макъалаялда. Абула лъикIлъи гьабун ругьунасда къабихIаб иш гьабизе ракIалдецин кколарилан… Гьеб битIарабги буго. Нилъеда бихьулелъулха кидаго лъикIлъи гьабулев чи гIадамазда, хIатта хIайваназдагицин гурхIел бугев вукIуневлъи. Гьединав чияс киданиги гьабуларо хIалихьатаб ишги. Гьединал чагIазда гьоркьоб цIар рехсезе мустахIикъав инсан вуго Кьохъа ХIамзат Мусаевги. Гьес жиндирго гIумрудул аслияб магIналъун рикIкIуна вакъарав кваназавиги, къварилъиялде ккарасе кумек гьабиги, унтаразда кверчIвайги, бокьаразда Къуръан цIализе малъиги.
«Садакъа кьезе ккола кваранаб квералъ, квегIалда бихьуларедухъ», — ан абула. Гьелъухъего ХIамзатиеги расги рекIее гIолеб букIинчIо жиндирго, жинцаго гьарулел ишазул хIакъалъулъ нижее бицине. Кин бугониги, нижеца хIаракат бахъана гьесулгун гара-чIвари гьабизе.
— ХIамзат, гурхIел-рахIмуялъулал ишазде кин ва кида байбихьараб дуца?
— ГIолохъанаб заманалда дун хIалтIулев вукIана КамАЗалда. ГIемер щвезе кколаан батIи-батIиял районазде. ГьитIинаб къоялдаса нахъего ругьунлъун вукIана как базеги кIал кквезеги. Нижер росу ва дир хъи­зан буго цIакъго динияб. Гьелъги батила, кив вугониги я как, я кIал дица гьоркьоб биччаларо.
Доб букIана рамазан моцI. КIал ккурав дун Хьаргабисан, Лавашисан рокъове вачIунев вукIана. Доб заманалда нухазда кваназе ресалги гIемер рукIунароан ва гьеб къо­ялъ рес ккечIо нухда кIал биччазе. Лъимги гьекъон, кIал кквезе ккана нахъисеб къоялъги.
Дербенталъул мажгиталъуб, кIал биччалеб гIужалда, гIолохъаби кваналел рукIана. Гьезул квандаса чIвалеб букIана цIакъ берцинаб, гьуинаб махI. Вакъарав дида ракIалде ккана чай гьекъезегIаги аскIове ахIулевани дунилан. Гьелде пикру гIунтIун батилароха, гьезги щибго абичIо, дунгоги аскIове ине намуслъана. Ва, вакъун вугониги, нахъисеб къоялъги кIал ккуна. Гьеб мехалда ракIалде ккана, «БеччатIа» абураб гьаб бакIалда, дунго гIадал нухлулазе кваназе ва хIухьбахъизе рес бугеб гьитIинабго рукъ базе.
— Цогидазе кумек гьабизе ккани, мунгоги вукIине кколаха ресалда вугев чи…
— Доб заманалда нижер хъизамалъул жанир чIезе бакIцин букIинчIо. Амма, гьаб нухбикьуда, тIоцебе бана как балеб рукъ. Хадуб ракIалде ккана нижерго росуцоязе, рикIкIаде инчIого рукIине гIоло, газалъул заправка бан лъикIилан. Гьелъги батила, гIезегIан нухлулал лъалхъулаан гьанир. Киназего кьолеб букIана, дагьаб бугониги, квине квенги гьекъезе чайги. Аллагьасе гIоло кIва­раб кумек гьабулеб буго нухлулазе.
— Хъизан-лъималазулги хIакъалъулъ бицани бокьилаан.
— Дир буго щуго лъимер — лъабго яс ва кIиго вас. Киналго цIалана исламияб институталда. Дида цадахъ гьанирго рукIуна кIиявго васги. Кин бугониги, дун вуго талихIав чи. Хъизамалъ абун букIарабани гьаниб гIалхуда чIеларин абун, щиб гьабизе букIараб? Дун Аллагьасе вокьулев чи ватила, тIад калам гьабичIого, дица малъараб гьабулей, гIадамал хирияй лъади щвана дие.
Дир кIудияв васас гъоркьиса ва исана, каникулазул заманалда, Къуръан цIализе малъана лъабкъоялдасаги цIикIкIун лъимада. Дунго гIадин магIишаталда хадур лъугьинчIел руго гьелги. АлхIамдулиллагь, Аллагь рехсолел, шаргIалъул нухдасан унел руго киналго.
— Бицунеб рагIана гьаниб бугин гIадамазе пайдаяб лъимиланги. Цогидал бакIаздасагицин гIадамалги рачIунел руго гьелда хадур. Щиб лъим гьеб?
— Гьаниб буго лъабнусго метралъул борхалъудаса дица бачараб пайдаяб, гIадамал сахгьарулеб лъим. ГьитIинав чи вугеб мехалдаго умумуз бицунеб рагIун букIана гьеб лъеца гIемерав чи сахгьавунин абун. Гьеб дидагоги бихьана КамАЗалда хIалтIулеб заманалда. Пуланаб хIалтIи гьабулаго, килищ къотIун букIана дир. Дица гьеб щибаб къоялъ лъелъ лъолаан. Нуж бицун божиларо, къокъабго заманалда жаниб килищ сахлъана. Гьекъезе байбихьидал, лъалаго мадар лъугьуна, гьабсагIаталда унтулеб бакIги гьечIо. Жакъа гьаб лъеда хадур рачIуна Чачаналдасаги, Ингушетиялдасаги, МахIачхъалаялдасаги гIадамал. Гьаруна батIи-батIиял анализал. Гьезул хIасилалда чIезабун буго лъеца кумек гьабулин гьал хадур рехсарал унтаби сахгьариялъе:
1. Кванирукъалъул унтаби.
2. Халатбахъараб гастрит.
3. Кванирукъалъул ва бакьазул язваялъул унти.
4. Бакьазул унти.
5. ТIул, ццидалкъвачIа унтун бугони.
6. ЦIекIгьан унтун бугони.
7. Чакаралъул диабет.
8. Кващумухъалъул унтаби.
Цо-цояз абула лъим бичизе бегьила­анин абун. Дун бечелъиялда бахиллъулев чи гуро. Дун вуго Аллагьасе гIоло хIалтIулев чи. Гьаб лъеца эбел сахгьаюрав чияс дие МахIачхъалаялда рукъ кьолеб букIана. Дица гьебцин босичIо.
— РагIана дуца гIуцIун бугин гурхIел-рахIмуялъулаб фондилан абунги. Щиб хIалтIи гьелъ гьабулеб?
— Гьаб буго чанго районалде гIадамал унеб нухрикьи. Гьелъ гIемерисез байбихьа­на нижехъе садакъаялъе кьезе цIияб бугониги, ретIараб бугониги ретIел. Нижеца гьеб бикьула росдал ресукъал гIадамазе. Гьа­нибе ретIел бачIиндал, лъазабула мажгитазул имамзабазда, ресукъазе ретIел-хьит босизе рачIаян.
Гьелдаго цадахъ нухлулазе нижеца кьола гьоцIоги, хIанги, чедги.
Цо-цо мехалда бикьизе гьанибе бачIуна пихъги цогидал нигIматалги.
Гьаниб буго бокьарав чияс гIарац рехулеб ящикги, гьебги нижеца битIула мина бухIаразе, мажгиталъул къваригIелабазе, рес къотIаразе. ГIоротIа росдал мадраса газалдалъунги хьезабула нижеца.
— ХIеж борхизе рес кканищ?
— Ккана. Гьеб буго дие бищун ине бокьулеб бакIги. 16 нухалъ щвана гьениве. Цо соналъ, Минаялда вукIаго, дида батана долларазул цIураб къвачIа. ЦIех-рех гьабидал, баянлъана гьелъул бетIергьан Дагъистаналдаса даргинай йикIин.
Гьаниб аскIобги батун букIана меседил алатал. КIиго соналъ ралагьаниги, гьезул бетIергьаби ратизе кIвечIо. Гьелъул багьа-къадарги чIезабун, садакъаде кьуна гIарац.
Гьаб дунялалда дидасаги рес бугел гIадамал гIезегIан руго. Амма киназдаго гуроха цогидал ричIчIулел. Хьул буго ахир-къадги киназдаго бичIчIилин доб дунялалде лъицаниги щибго жо цадахъ босулареблъи. Нилъедасаго тIокIаб садакъаде кьезе ккола. Нилъедаса лъикIал гIадамалги дунялалдаго рукIунаро, цогидазулги къимат гьабулеб бугони. Нилъеего тараб магIишат буго гIадада хвараб рикъзи. Садакъаде кьураб — даимго батизе бугеб лъикIлъи.
ПатIимат Расулова