Бесланалъул саринал

Долдаса нахъе ана 15 сон. Гьелгощинал саназул рухIелги, бухIиги, магIуги жеги бакъван гьечIо

 

Малаикзабазул шагьар. Гьедин абула чIахIиязул кIудиял гъалатIазул къурбаналлъун ккарал лъимал рукъун ругел хабзалазда. Абадияб сихIкъотIи. Амма гьеб лъугIула цо лахIзаталда, щибаб соналъул лъабабилеб сентябралда. КIвар кьун гIенеккаразул ракIал гIекколел ратила, гIисинал къункърабазул къваридал сариназухъги гIенеккун. Гьезул щивасул рукIун ратила жидерго цIвабзахъе сапарал гьаризе ругел гьайбатал анищал. Гьеб къоялъги гьел рачIун рукIун ратила жидерго хIасратаб кечIгун. Амма гIасияб хвелалъ лъукъараб кечI жакъаги гIодулеб буго. Бесланалъул сариназул бухIи нилъер щивасухъе рещтIуна сана­йил бачIунеб сентябралда.
— Къункърабазул цIияб тIел. 314 къункъраялда гьоркьоб гIисинал къункърабазул тIелги — 186 къункъра. 314 тIубачIеб анищ, цIа свараб гъансито. 314 лъукъараб талихI. Гьеб жеги чIаголъулеб гьечIо. Лъималазул заназда къвалги бан, угьдулел улбузул гIоди зобалазда гъугъа­леб лахIзат — зоб-ракьалда балеб сири. ЧIварал лъималазул угьи-зигара. Дол ана гIумруялъухъ ккараб гIащикъаб рокьиги ракьалда тун. Гьеле гьединал руго Бесланалъул саринал.
Щай? Сундуе гIоло? Жаваб щезе гьечIеб даимаб суал.
«Ниж мунгун руго, Беслан» абураб акция тIобитIана 3 сентябралда МахIачхъалаялда ГIурус театралда цебеги. Тахшагьаралъул школазул лъималаз жидерго церерахъиназда ахIи балеб букIана чIахIиязде жи­дехъа лъимерлъиялъул талихI ба­хъу­гейилан.
Гьенибго тIобитIана суратал ра­хъи­ялъул рахъалъ лъималазда гьор­кьор къецалги. Суратаз бицу­неб букIана гьезул анищазулги, та­лихIалъулги, гIумруялъулги. КIу­дияб концерталъул кIиабилеб бутIа сайгъат гьабун букIана талихIаб лъи­мерлъиялъе.
ЛъугIана терроризмалде данде тIоритIулел иргадулал тадбиразул цоябги. Амма лъугIел гьечIо судулел ракIазеги, улбузул магIуялъеги, магIлъун гьезул къисматалда чIван хутIараб хвалиеги. Бесланалъул дарсазул магIна жакъаги босичIони, хIалуцине буго гIумру. Цо лахIзаталъ гIенекке гьелъул сариназухъ.
— Щивасухъе кунчIун рещтIараб бакъги, бакъул чIоразул кьераз гвангъизабураб талихIги, талихIалъул кваркьидакь сасараб лъимерлъиги, лъималазул талихIалдаса чIухIарал эбел-эменги.
Гьеле гьединаб буго гIумруялъул ахIи.
Такрарлъугеги ракьалда Бесланалъул саринал.
Жакъаги сихIкъотIи батила малаикзабазул шагьаралда.
ГIадамал!
ТIуркIизабуге гьеб сихIкъотIи. Биччай хабалъ букъун хутIизе рокьукълъиги, ццинги, тушманлъиги…
Шамай Хъазанбиева