31 январь — ювелиразул халкъазда гьоркьосеб къо

РакI меседилай устар

Сакъатал гIадамаздаги малъула гIарцул тIагIалаби гьаризе

Ювелиразул профессионалияб байрам баркизе мустахIикъал устарзаби гIезегIан руго нилъер республикаялдаги. Масала, гьединазул цояй ккола Наида МухIамадова.
Инсуца жиндаго малъараб махщалие гьелъ ругьун гьаруна коляскаялда рекIун гурони хьвадизе бажаруларел сакъатал гIадамалги. Кверал гурелги, ракIги меседил буго Наидал. ГIарцул тIагIелал гьаризе малъа­ралъухъ гIарацги босуларо гьелъ.
Чанго соналъ унтун больницабазда егун, гIумруялъе гIоло къеркьолей йикIарай Наидада лъикI бичIчIула рокъоса къватIире рахъине рес гьечIого хутIарал гIадамазул хIал. Сакъатазул гьакида гурони хьвадизе бажаричIогоян абун, дунялалдаса ва гIадатиял гIадамазда гьоркьоре ра­хъун гIумру гьабиялдаса гьел махIрум гьари мекъаб ишлъун рикIкIуна гIолохъанай ювелиралъ. Нилъер республикаялда сакъатазе дандекко­леб сверухълъи гьечIолъиялъ, ни­лъеда сакъатал гIемер рихьуларо къва­тIахъ ва гIадамал гIемерал цогидал бакIазда. Гьелги жамагIаталъул бутIалъун кколеллъи бичIчIизабизе гIемераб хIаракат бахъулеб буго ракI меседилай устаралъ.
БитIун дунялалде ракIбараб, гIелбащадалгун цадахъ букIинесеб гIумруялде хьулазда йигеб заманалда, киналго анищазде нух къараб, тохлъукье щвараб унтигун къеркьезе ккана Наида. 2007 соналда, 16 сон барай Наида цIадуца юхIун, захIматаб хIалалда больницаялде ккедал, тохтурзабаз лъабго къо гурони баларин гьелъилан абун букIана. 80 проценталъ черх бухIарай Наидал къуват гIуна унтуде данде къеркьезе. Черх цIилъизегIан щуго сон бана Наидаца больницабазда, тIоцебесеб соналъин абуни коляскаялда рекIун гурони ягъаризецин кIолароан гьелда. Гьеб захIмалъи сабаблъун дунялалдасаго ракIбуссинчIого хутIиялъе гIиллалъунги Наидаца рикIкIуна Аллагьасул хIалкIолъи. Больницаялде ккезегIан гьелъ как-диналъул пикруго гьабулароан. Унтидал байбихьана гьелъ диниял вагIзабазухъ гIенеккизе, Къуръан цIализе.

ТIоцересел галаби

Ункъо соналъ цебе тIоцебесеб гIарцул тIагIел гьабун хадуб Наидада ракIалде ккана гьеб коляскаялда ругел сакъатал гIадамазе цIакъ данде кколеб хIалтIи бугин абун.
Жиндирго анищалъул хIакъалъулъ бицине хIинкъулаан Наида, гьеб лъидаго бичIчIиларин кколаан. Наидал анищалде нуцIа рагьана, цо къоялъ гьалмагъзабазул цояз битIун бачIараб лъазабиялъ. Гьениб хъван букIана, «ПЕРИ Инновации» бизнес-инкубаторалда предпринимателазе кIиго анкьилал курсал тIоритIулел руго, бокьани мунги ячIине бегьулаян. «Бизнес гьаби: пикруялдаса тIоцебесеб дараналде щвезегIан» абурал курсал тIоритIулел рукIана гьенир чIобого.
«ТIоцебесеб кIиго къоялъ дун цогидазухъги гIенеккун юцIцIун чIун йикIана, цIакъ хIинкъун йикIана дидаго ракIалда бугеб бицине, цощинаб гьел дида тIад релъиладаян кколеб букIана ракIалде. «ПЕРИ Инновациялъул» директор ХIажимурад ГIалиевас дица бицаралде кIвар кьуна, лъикIаб проект бугин ва гьелда тIадчIей гьабизе кколин абуна. Байбихьуда, ювелирияб махщалиде ругьун гьаризе гIадамал кин ралагьилел, кин байбихьилебали лъаларого йикIана дун. ХIажимурад ГIалиевас жиндирго гьудул, сакъатав Виктор Бурцевасул, хадуб «Кьуру» баскетболалъул клубалъул гIахьалчи Дмитрий Смирновасул телефоназул номерал кьуна дихъе. Гьез малъараб хехго босана. Гьезул кверал къуватал рукIунелъул, гIарцул баргъичазда, кIилкIазда ва курхьабазда ганчIал лъезе хехго ругьунлъана гьел. Викторица кумек гьабуна «Мун предприниматель» абулеб конкурсалда гIахьаллъизе проект хIадуризеги», — ян бицана Наида МухIамадовалъ.
Гьелдаса нахъе микьго цIалдохъан гIуна Наидал. ТIагIелалги росун, щивасухъе рокъое хьвадула гьей. Киналго цIалдохъаби гьелъ рикIкIуна вацал-яцаллъун. Щивав цIалдохъанасги гьей къабул гьаюла бищунго къиматай гьобол ва яц кинигин. Наидал цIалдохъабазул цояв Арсен МухIамадовасул рокъоселги кидадай гьей ячIинаян балагьун чIун рукIуна. 28 сон барав Арсенил ДЦП унти букIаниги, кIудияб жигар ба­хъула хIалтIизе. ГIадада заман тIамизе бокьуларев Арсеница коляскаялдаги рекIун регби хIала, компьютерал къачIала, гьанжейин абуни сакъатазе ювелирияб цех рагьиялъул анищазда вуго. Арсеница тIоцебе гьабураб баргъич эбел Асиятие сайгъатги гьабуна.
«Байбихьудаго дица гьабулеб хIалтIуда тIад кIалъалел гIадамалги камулароан, дурго махщелги дуего тун щай йикIунарей, духъаго чед бахъизейищ гIарцул устарлъиялъе гIадамал ругьун гьарулел ругелилан абулаан. Дица сакъатазда ювелирияб махщел малъулеб букIин инсуда телевизоралдаса бицунеб рагIун лъана. Гьев разилъана дица гьабулеб хIалтIудаса», — ан бицана Наидаца.

Республикаялъул
нухмалъиялъул кверчIвай

ГIолохъанай ювелиралъу­л хIакъа­лъулъ СМИяздаса рагIарав «Успех» абураб гIолилал хIал­тIу­далъун хьезариялъул республикая­лъуб централъул (РМЦЗ) директор Шамил МухIамадовас ахIун бачIана Наидахъе, мун ДРялъу­л ЗахIматалъул ва социалияб цебетIея­лъул министерствоялде ахIулей йигин абун. Доб мехалда вукIарав министр Расул Ибрагьимовасги Шамил МухIамадовасги гьелда абуна дуца лъикIаб хIалтIи гьабулеб бугин, «Машук» гIолилазул форумалда щай дуца дурго проект бихьизабуларе­бин абун.
2018 соналъул риидал Наида МухIамадова гIахьаллъана «Машукалда» ва гьелъул проекталъе 300 азарго гъуруш бергьана. ЛъагIалил ахиралда республикаялда тIобитIун букIараб «Мун предприниматель» конгрессалдаги «БатIи-батIиял, амма ращадал» абураб проекталъе тIадегIанаб къимат кьуна ДРялъул бетIер Владимир Васильевас: «Гьеб проекталда бизнесинцин абизе ре­къон букIинаро, гьеб ккола инсанасул меседилаб рухI ва гьеб гIумруялде бахъинабизе кумек гьабизе буго Дагъистаналъул нухмалъиялъ», — ан абуна гьес.
ДРялъул ЗахIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерствоялъ рагIи кьун букIана сакъатлъи бугел махщелчагIазе хIалтIизе ва ругьун гьаризе дандекколеб бакI кьезе. Наидаца ведомствоялъул хIалтIухъабазда гьарана, коляскабазда рекIун гурони хьвадун бажаруларел сакъатазе дандекколеб, шагьар бакьулъа рикIкIад гьечIеб бакI кьеян. ДРялъул Транспорталъул министерствоялъ сакъатлъи бугел хIалтIудеги нахъеги раччизе данде­кколеб машина чIезабизеги рагIи кьуна. Цех рагьарабго, ювелирияб махщелие 15 чи ругьун гьавизе ва гьел хIалтIудалъун хьезаризе ракIалда буго Наидада. Проект нухмалъулезда бихьизабуралдаса кIиго моцI ана, амма жеги байбихьулел ювелиразе хIалтIизе дандекколеб бакI щун гьечIо. Цеего гIадин, Наидаги щивав цIалдохъанасул рокъоеги хьвадун, гьел гIарцул тIагIелал гьаризе куцалей йиго. Проекталъе бергьараб гIарацин абуни гIицIго хIалтIул тIагIелал росизе гурони гIечIо. Наидалги гьелъул цIалдохъабазулги хьул буго сакъатазе дандекколеб бакIалда цех рагьизе кумек щвеялде.
ПатIимат СултIанмухIамадова