ЛъикIлъиялъе гIорхъи букIунаро

 

  Дагъистаналъул шагьаразда ва районазда тIоритIулел руго Донбасс ва Луганск халкъиял республикабазда гIумру гьабун ругел гIадамазе гурхIел-рахIмуялъул акциял.

Гьединаб акция тIобитIана Шамил районалдаги. Гьелъул хIакъалъул гьадинаб баян кьуна райадминистрациялъул бетIерасул ишал тIуралев Камил МухIамадовас:

   — Дагьалъ цебе нижеца тIобитIана муниципалитеталъул идарабазул нухмалъулезулгун, бизнесменазулгун ва росабазул бегавулзабазулгун данделъи. Гьениб хIукму гьабуна бюджетиял киналго хIалтIухъабазул цо хIалтIул къоялъул харж гурхIел-рахIмуялъул акциялде биччазе ва гьелъухъ росарал кванил нигIматал Донбасс ва Луганск халкъиял республикабазда гIумру гьабун ругел ва къварилъиялде ккарал гIадамазе ритIизе.

   БакIарана 639 азарго гъурущ. Гьеб гIарцухъ кванил нигIматал росана ва ритIана Украинаялде. Гьединго райбольницаялъул бетIерав тохтур Ибрагьим Халиловас ритIана 47 азарго гъурщиде дарабиги.

   ТIадехун рехсараб данделъиялда хIукму гьабуна, кватIизе течIого, районалда ретIел-хьит бакIариялъул акция тIобитIизе ва гьебги битIизе къварилъиялда ругел чагIазе.

  ГурхIел-рахIмуялъулаб акция тIобитIулеб буго ХIебда росулъ гIумру гьабун вугев Гъоркьа Бакълъухъа Пашаев МухIамадица. Гьес жиндирго кафеялда чIорого кваназарулел руго Украинаялда тIобитIулеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда гIахьаллъулел рагъухъабазул гIагарал чагIи.

   МухIамадил буго тIагIамаб квен хIадурулеб, учузал багьаби ругеб, киданиги чIобого хутIулареб кафе. Гьес бицана гьел чагIазул цо-цоял нечолел ругила чIорого кваназе рачIине, цогидал, хIалица рази гьаризе кколел ругила кванихъ гIарац кьечIого тезе. Кваназе рачIунезин абуни гьабулеб гIаданлъиялъухъ МухIамадие баркала кьола ва жидер кумекалдасаги пайда босеян абула.

  ТIадехун рехсараб данделъиялда, киналго разилъун, къотIи гьабуна районалда кванил нигIматазул багьаби цIакъго рахине риччангутIизеги. Масала, цо моцIрол болжалалда чадил багьа 25 гъурщидаса цIикIкIине биччачIого тезе, цогидал нигIматазул багьабиги 13-18 процентазул гIорхъода чIезаризе.

 

 Нури НУРИЕВ