ГурхIел-рахIму Добри-кIудил лъалкIал

Гьес гIадамазул ракIазулъ рекьана лъикIлъиялъул мугьал

 

Исана 13 февралалда гIумуруялдаса ватIалъана Болгариялдаса Добри-кIуди. ГIадамазда гьев лъалаан лъикIал ишазе гIоло гьардолев чилъун. Амма гьес гьарун щвараб цо капекцин жиндиего толароан. Добри-кIудица гьабулеб букIана кIудияб иш — гьес гIарац кьолаан килисаби къачIазе.
Добри-кIудица 100 сон бараб мехалда хъван букIараб макъалаялдалъун бокьун буго, ракьалда лъикIлъиялъул лъалкIалги тун арав гьев лъикIав инсан, Добри ракIалдещвезавизе.
Гьев вихьизе бегьула Болгариялъул тахшагьаралъул къватIазда. Гьесие ургъел букIунаро цIорой-квачалъулги, горо-цIералъулги, ракъи-къечалъулги. Жиндирго кружкаялъуб гIарац лъурал лъималазул квераздаги баула гьес. Гьев кIвахIаллъуларо ТIадегIанасул хIакъалъулъ щивасулгун гара-чIвари гьабизеги, гьезул щивасда абизе берцинал рагIабиги ратула гьесда. Амма Добри гьардухъан гуревха. Гьелъул гIаксалда, гьес жинцаго хвасар гьарулел руго ургъел гьечIолъиялдаса гIадамал, гьес гьезие кьолел руго гурхIел-рахIмуялъул дарсал. Добри-кIудица кIудияб адаб гьабула киналго гIадамазул. Жиндие гьабураб квешлъиги хехго кIочонги тола гьесда. Херасда бихьула сверухъ бугеб тIекълъи-мекълъиги, амма рекIекълъуларо, ракI­буссунаро, гьелъул гIаксалда, гьес хIаракат бахъула гIадамазул ракIазулъ лъикIлъиялъул мугьал рекьизе.

Добри-кIудил балъголъаби

Херасе бокьуларо жиндирго хIакъалъулъ лъиениги бицине. Гьес гIунги тIокIаблъун рикIкIуна жиндирго хIакъалъулъ гIадамазда лъалеб жо — гьев киназдаго лъала Болгариялъул килисаби цIигьарун къачIалев чи хIисабалда. КIудица жиндирго гIумруялдасагицин кIвар бугеблъун рикIкIунеб буго гIадамазе лъикIлъи гьаби.
КIудияб ракIалъул инсан Добри гьавуна 1914 соналда Байлово росулъ. Гьесул букIана ункъо лъимер. КIигоял камиялъул захIмалъабиги рихьана гьесда. Гьесда хадуб хъулухъ гьабулеб буго Софиялда гIумру гьабун йигей ясалъ. Амма цо-цо мехалда гьесул ракIбакъвачIого хутIуларо, жиндирго хIакъалъулъ гIадамаз рицунел кьучI гьечIел харбал рагIидалги. Масала, жиндирго лъималазе ирсалъул бутIаго течIин гьесин абулелги камуларо. Гьесул араб гIумруялъул хIакъалъулъ лъала гIицIго гьев рагъда гIахьаллъаравлъи ва гьев дагьавго гIинкълъаравлъи.

ГIадатияб рукъалъулги кIудияб
ракIалъулги хважаин

Рукъги цIакъго гIадатияб буго херасул. Ругел ресаздасаги квегIенлъиялдасаги пайда босуларо гьес. Гьес гьабсагIаталда гIумру гьабулеб буго росдал килисаялъул азбаралда бугеб гьитIинаб рокъоб. Гьениб тахги буго, амма кIуди чIарбида вегула. Столалда тIад — чадил гьитIинабго кесекги бащдаб помидорги — гьеле гьесул квенги.
Квачараб хасалил рогьалилъ гьев вихьула, гурун гъуждулгун, ведроялъ лъим баччулев. Гьеб гьитIинабго рукъ къачIалев чиясе жинцаго кумекги гьабуна гьес.
Добрил тIад ретIараб парталги, гъалараб расги, басриябго гIабаги, вакIа-вахари гьечIеб рагъа-рашариги бихьараб мехалда, гьев лъаларезул ракIазе лъугьуна цо батIияб асар. Амма гьединав херавго лъикI гурищха, ришватчилъиялъулги, рухIияб мискинлъиялъулги, ургъел гьечIолъиялъулги махI бахъарал жакъасел цо-цо гIадамаздаса.
ГIолохъанав Добри Добрев гIемер хьвадулаан лъелго. Къойил гьес толаан 25 километр манзил нухлул. Гьанже гьесда лъелго хьвадизе кIоларо. Автобусазул шоферзабаз рекIадухъ гIарацги босуларо гьесухъа. Риидал цо-цо мехалда гьев вихьула гIадамаз кьураб хъарпуз куневги.

ЛъикIал ишазул вакил

Ахираб заманалда кIуди гIемер щола Софиялда бугеб килисаялде. Гьениб гьес бакIарулеб буго Кириллилги Мефодийилги цIаралда бугеб килиса къачIазе гIарац. Гьединго гьес гIемераб гIарац кьуна Елешиналда бугеб монастырьги ва цо росдал храмги цIигьабизе. Амма бищун цIикIкIараб къадаралъул гIарац Добри-кIудица кьуна Александр Невскиясул храм-памятник къачIазе. Абизе бегьула, гьединаб цIикIкIараб къадаралъул гIарац гьес тIубараб гIумруялъ данде гьабунилан.
Гьабураб лъикIлъиялъухъ баркала хIисабалда, гьесие, рокъоб лъезе къайиги босун, кумек гьабизе бокьун букIана храмалда ругезе. Амма херас инкар гьабуна.
Гьаруралщинал лъикIлъабазул халгьабун, Добри-кIуди дандекквезе бегьула маргьабазул багьадур ЦIорол Дадада. Добри-кIудица лъималазе сайгъатал гуроха кьолел ругел. Гьес лъималазе сайгъат гьабулеб буго гIумру тIегьаялъул аслулъун кколеб лъикIлъи. ЛъикIлъи — гьеб ккола гIадамазе кьураб Добри-кIудил сайгъат. ГIадамазги хадусеб гIелалъухъе кьезе кколеб…

Деси Велева