Къисматалъ къварид гьаруразул ахирисеб хьул

 

«Бесдалал гьечIеб Дагъистан» абураб гурхIел-рахIмуялъулаб гIуцIиялъе Раисат ГIусмановалъ нухмалъи гьабулелдаса 12 сон буго. Гьелъулги гьелъ нухмалъи гьабулеб гIуцIиялъулги хIакъалъулъ нижеца цебеги гIемер бицана. Жеги бицинеги мустахIикъай йиго, эбел-эмен гьечIого хутIарал ва гIумруялъулъ захIмалъаби дандчIварал руччабазе кумек гьабулей бахIарчияй гьей гIадан. Гьелда гIезегIан лъикI лъала ятимал, ресукъал, социалияб рахъалъ цIуничIел гIадамазул ахIвал-хIалги, гьезие пачалихъалъул рахъалдаса щвезаризе бегьулел бигьалъабазулги хIакъалъулъ.

 

«Бесдалал гьечIеб Дагъистан» жамгIияб гIуцIиялъул гурхIел-рахIмуялъул иш гIицIго бесдалазе квен, ретIел яги жанир чIезе бакI цIехеялдалъун лъугIуларо. Раисатица юридикияб рахъалъги кумек гьабула гьединал чагIазе.

 

 

 

ГIумрудул школа

2011 соналда Раисат ГIусма-новалъул хIаракаталдалъун эбел яги эмен гьечIел ясазе кумекалъе рагьана социалияб гостиница. Чанго соналъ гьеб хIалтIулеб букIана сахаватчагIаз кьолеб гIарцул кумекалдалъун. Къисматалъ къварид гьарурал руччабазе ва лъималазе кумекалъе чанго проектги ургъана Раисатица. Гьелъул жигарчилъиги хIаракатги бихьичIого хутIичIо республикаялъул нухмалъулездаги.

 

Р. ГIусмановалъ гIуцIараб «ГIум-рудул школа» проекталъе 2019 соналда «Гражданияб жамгIият цебетIеялъе РФялъул президентас бихьизабураб грант» бергьана (30.01.2019 РФялъул президентасул №30 указ). Проекталъул мурадги буго къварилъиялде ккарал руччабазе кумек гьаби.

 

Социалияб гостиницаялда, «ГIумрудул школа» проекталда рекъон, руччабазе психологасул кумекги щола. Гьенире рачIуна гIумруялъ къварид гьарурал руччаби. Рехсараб проекталъул программаялда рекъон, лъималазул сахлъиялъул тIалаб гьабизе ва гIолохъанал улбузе малъа-хъваял гьаризе гостиницаялде ячIуна тохтур-педиатрги. ГIолохъанал ясазда малъула щияй чIужугIаданалда тIадаб рукъалъул хIалтIиги, компьютералъул ишги, гIумруялъулъ гIемер дандчIвалел суалазда тIаса юридикиял малъа-хъваялги гьарула.

 

 

«Бесдалал гьечIеб Дагъистаналъул» кунчIи

 

Социалияб гостиницаялда гIумру гьабун ругел руччабазухъе гьоболлъухъ щвана нижги. Ахирисеб нухалда гьение щваралдаса гIезегIан хисун буго гостиницая-лъул хIалтIиги. Гьениб гIумру гьабун ругезда тIадаблъун ккола: рукъ бацIцIадго цIуни, гостиницаялде чияр чагIи рачунгутIи. 2019 соналдаса байбихьун ДРялъул ЗахIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерствоялъул субсидия ва ДРялъул бетIерасул грант бергьараб «Огонек» проекталда рекъон, «Бесдалал гьечIеб Дагъистан» гIуцIиялда хIалтIулеб буго къад заманалда хIалтIулеб ясли-ахги. Гьелъие дандекколел шартIалги гIуцIун руго социалияб гостиницаялда. Эбел-эмен гьечIел ва рес къотIиялде ккарал руччабазул лъимал чIорого хьихьула гьенир. Ясли-ахалде ритIарал жидерго ва цогидал лъималазе тарбия кьеялъул, богогьанлъиялъул ва цогидаб хIалтIуде лъугьине рес буго ятимал руччабазе. Проекталда рекъон, гьезие чIезабураб харжги буго.

 

Лъабго лъимадул эбел, 38 сон барай Саният, гьекъолев ва кидаго гъалмагъиралда вукIунев росасдаса лъутаралдаса ункъо моцI буго. «Бесдалал гьечIеб Дагъистан» жамгIияб гIуцIиялде ячIинегIанги Саният гьединабго гIуцIиялда моцIалъ гIумру гьабун йикIана. Бищун гьитIинаб лъимерги гьений йикIаго гьабуна гьелъ. Гьениб кванил рахъалъ ва гьитIинаб лъимадуе ретIелги кьун кумек гьабуна Саниятие. Рес гьечIого къватIир хутIарал руччабазе кумекалъе ккураб квартираялда чанго чIужугIаданги йикIана гьелда цадахъ, амма гьениб рес букIинчIо я лъимер школалде битIизе яги гьабураб лъимадуе документал гьаризе. ГурхIарас бачIараб квенги кванан, жанир рукIине гьитIинабго бокIон бугониги гIелин абун, моцIгIанасеб заман бана Саниятица гьениб. ГIемераб мехалда тIубалареблъи бичIчIидал, гьей шагьаралда гIумру гьабун йигей гьалмагъалъул кумекалдалъун, «Бесдалал гьечIеб Дагъистан» гIуцIиялде ячIана.

 

 

Шагьарги, законги, бетIербахъия-лъе гIураб къагIидаялда гуреб гIурус мацIги лъаларей Саниятил лъимадуе документал гьаризеги школалдегун садикалде лъимал ритIизеги кумек гьабуна Р. ГIусмановалъ.

 

— КIудияв вас балугълъиялде рахинчIел лъималазе республикаялъул социалиябгун реабилитациялъулаб централда вуго, гьенивго цIалудеги хьвадула. ГIодоркъояз яги рес щванщинахъе гьесухъеги хьвадула дун. Гьоркьохъев вас гьанивго, ясли-ахалда вукIуна. Дунги гьаний нянькалъун хIалтIулей йиго. Цадахъго гьитIинав хьихьизеги гьесие хъулухъ гьабизеги ресги щола, — ян бицана Саниятица.

 

Саниятил канлъиги хашаб буго. Гьелъул беразул хал гьабизеги дару гьабизеги Каспийскиялда бугеб беразул клиникаялде ячана гьей Раисат ГIусмановалъ.

 

 

Ятимал руччабазе кумек

 

Гьелдаго релълъараб къисмат буго хахулеб лъимергун цадахъ росасдаса лъутарай Алиналги. Гьей ккола дагъистаниялъ детдомалдаса хьихьизе ячарай гIурусай. Гьейги йиго ясли-ахалда богогьанлъун хIалтIулей. 20 сон барай Алинал хьул буго тIадегIанаб лъай щвезабизе цIализе лъугьинеги.

 

«Бесдалал гьечIеб Дагъистан» гIуцIиялде Алина йитIана бакIалъулаб опекаялъул гIуцIиялъ. Социалияб гостиницаялда гьей ругьунлъулей йиго юкъаризе, компьютералда хIалтIизе.

 

 

— Гьаниб нижееги лъималазеги гьуинаб квен гьабизе кванил нигIматалги чIезарун руго. Щибаб моцI байбихьигун «Зеленое яблоко» тукадаса кванил нигIматал росун рачIуна. Пихъги, овощалги, гьанги, гьуинлъиги камун хутIуларо ниж. Гьаниб гIумру гьабуралъухъги нижехъа гъурущцин босуларо. Нижеда тIадаб жо буго гIицго рацIцIалъи цIуни, намусалда рекъон хьвади, — ян бицана Алинаца.

 

26 сон барай, ункъо лъимадул эбел Хадижат Раисат ГIусмановалъухъе ячIана заманаялъ жаний йикIине бакI къваригIун бугинги гьарун. Гьелъул бищун гьитIинаб лъимер захIматго унтун буго. Гьелъие дару гьабизе зама-заманалда росулъа МахIачхъалаялде ячIине ккола Хадижат. Гьаб нухалдаги Китаялдаса рачIарал тохтурзабазухъе 30 000 гъурщил багьаяб даруялъул курс гьабизе ячIун йиго гьей.

 

 

— 11 классалда цIалулей йикIана дун, эбел-эмен хвараб мехалда. Раисат МухIамадовнаялъулгун лъай-хъвай ккун букIана дир университеталда цIализе лъугьараб заманалдаго. Гьелъ кумек гьабуна нижее бесдал лъималазе кьолел квартираби щвеялъе документал ракIаризе. Раисат МухIамадовнаялъул кумекалдалъун дунги вацги пачалихъалъ квартираби чIобого кьолезул сияхIалда руго.

 

Рес къотIидал «Бесдалал гьечIеб Дагъистан» гIуцIиялде щвана кумек гьарун. Унтараб лъимадуе дару гьабулей йикIун, квартираялъухъ кьезе гIарац гIолеб букIинчIо. Гьанибин абуни, клиникаялдаса ячIинегIан дир цояб лъимерги хьихьула, квенги чIобого букIуна, рукъалъухъги гIарац кьезе кколаро. КIудияб баркала буго Раисатие, — ян бицана Хадижатица.

 

«Бесдалал гьечIеб Дагъистаналъул» аслияб масъалалъун ккола бесдалазе гьезул социалиял, ихтияралъулал, жамгIиял ва хасал суалал тIуразаризе квербакъи, гьезул захIмалъабаздехун пачалихъалъул кIвар буссинаби. Гьеб масъалаги тIадегIанаб даражаялда тIубалеб буго Раисат ГIусмановалъ.