Дицаго бахъана гьанибе диего нух

КватIун бачIараб кантIи

 

Гьаб моцIалъул авалалда Гъизилюрт шагьаралда бугеб руччабазул колониялде гьабураб сапаралда рес щун букIана жаний тIамун йигей чанго магIарулайгун дандчIвазе. Гьезул цоялъулгун ккараб гара-чIвари газеталда бахъунги букIана (№9, 8 март). Жакъасеб гара-чIвари буго, 228-абилеб статьяялда рекъон (наркотикал ричи-тIиритIизари) 12 соналъ туснахъ гьаюрай 55 сонил ригьалъул Мадиналгун.
Дун гьаюна лъикIаб магIишаталъул, ресалда бугеб хъизамалда. Школалда цIалулаан гьоркьохъеб къагIидаялъ. Школа лъугIарабго, лъугьана медучилищеялде, кIиабилеб курсалда цIалулаго, инсуца кьуна росасе. Гьелдаса хадуб росасе бокьичIо дун цIализе, тана цIали. Руго эбел- эмен, лъабго вац, гьан­же диргоги буго ункъо лъимер. ЦIали таралдаса, йикIана рос-лъималгун рокъой, гIумру унеб букIана щибго къварилъи гьечIого, берцинаб хIалалда. Хъизан-рукъалъул тIалабалда цадахъго контейнерал-будкабиги лъун йичарулаан базаралда. Цо нухалда нижер хIалтIулъ баккана макалъул хьон. Лъабго лъагIелгIанасеб заманалда дица босулаан, бичулаан гьеб. Гьелдаса хадуй дун ккуна, амма тамихI гьабичIого, шагьар тун къватIие ине гьукъараб низамги чIезабун (подписка о невыезде), тана эркенлъуда. Амма гьелдаса хадуй дун ургъичIо, гIодое юссинчIо. ЛъикIаб гIарац щолеб иш бугин цо гьал­магълъиги абун «лъай- хъвай» ккана героиналъулгун (цIакъго къуватаб, захIматаб наркотик). Гьелъ дун лъикIалде ячинчIо — хеккого ккуна, букIана суд ва гьале дун гьаний, туснахъалда.
— «Туснахъалъул 12 сон» абун судияс лъазабидал, щиб хIалдай дуе лъугьана?
— Гьел дагьал секундазда жаниб дир пикраби щвечIеб бакI хутIичIо, дида бичIчIана цо параялда жаниб дир гIумру тIубанго хисараблъи. Дун битIахъе хаган хутIана, цIакъго захIмалъана, битIун бицани, гьелдаса хадуб гIумру гьабизецин бокьиларин ккана.
— Дуца гьаниб бан буго 8 лъагIел. ЧIужугIадан, эбел туснахъалда йигин абизецин захIматаб, нечараб жо гьечIищ?
— Бигьалъаниги захIмалъаниги, гьеб хIужа кьучIаб бугелъул, къабул гьабичIого рес щиб? Амма дица лъилниги бикъун гьечIо, щивниги чи чIван гьечIо, кинабго ккана хъизан-лъималазе гIарац гьабулаго. Гьелда цадахъго, туснахъалда йикIанин абураб цIар щвезе, гьединаб тIанкI тIад букIине лъиеха бокьилеб…
— ХIакъикъаталдаги дуца чи чIван гьечIо, амма дуца бичараб героиналъ лъилниги рокъобе гьеб яги гьелда релълъараб балагь щвезабичIин абизе кIоларелъул дуда …
— Гьеле гьеб суалалъха гьаний йигеб микьабго соналъ дие рахIат- парахалъи толеб гьечIеб.
— Хъизан-лъималазе гIарац балагьизе ресги, наркотикал ричун гуреб, тIокIаб букIинчIищ?
— Ралагьани, ресал камун киданиги букIунаро. Дидаго лъалареб куцалда, кIудияб гIарац берцин бихьун, гьелъ махсараде ккун, бецц гьаюн, бетIер сверизабун ккана мекъи.
— Суал гIажаибабин кканиги-кинха унеб бугеб колониялда гIумру?
— Кин унги унеб буго, кир нилъ ругониги, чIаго ругебгIан заманалда чIун букIунарелъул гьеб. Туснахъалда рокъоб гIадин букIинищха, лъикI бугин абизеги рес гьечIо, амма бугеб хIакъикъаталда рекъон квешги гьечIо- алхIамдулиллагь гьаб нилъерго ракьалданиги йиго дун. Абун йиго дир яс, ригьнаде кьезе чIун руго, дихъ балагьун, дун къва­тIие йиччазегIан… Кутакалда бокьун буго рокъое, лъималазда аскIое…
— Гьаниб дуе гIолареб жо щиб бугеб?
— Колониялъул хIалтIухъабазул бербалагьиги буго лъикIаб, гIаданлъия­лъулаб, егизе бакI буго, квине квен буго, бокьараб-хIажатаб ккани, лъималаз гьебги бачIуна, — гьабин абизе дие гIолареб жо гьаниб гьечIо.
— Эркенлъи?
— Гьеле гьеб гьечIого букIиналъха, цоги киналъулго тIагIамго гьечIеб.
— Кинаб бугин абилеб дуца эркенлъиялъул роцен ?
— Гьеб сунцаниги борцунаро, гьелде щвараб щибго гьечIо. Бугеб заманалда, гьелъул къимат гьабуларо, гьанире ккун хадуб байбихьула гьелъул магIна бичIчIизе.
— Нилъ гьанир гара-чIвариялда руго доба, 50 метралдасан буго эркенлъи, амма гьелде щвезе дуе буго жеги халатаб ункъо лъагIел…
— Дун гьание ккеялъул гIайиб дида тун цоги лъиданиги гьечIо, дие гьанибе нух бахъана дицаго. Дие кьуна 12 сон, 20 кьун букIарабаниги, лъиданиги гIайиб чIвазе бакI дир гьечIо. Наркотиказда гIагарде къазе бегьулароан дун, къалелде, кколаан ургъизе — цоги лъималазулги йиго дунго гIадинай эбел, цоги эбелалъулги руго дирго гIадинал лъимал. Гьаний дун цIакъ гIемер ургъана, гIемералъул гьабуна хIисаб — цо рахъалъан балагьани, дир кIудияб талихI буго жание ккей. Гьание ккун йикIинчIейани, ккезе букIарабги дида лъаларо, амма мухIканго лъала цо жо — наркотиказ дун лъикIаб ахиралде ячине йикIинчIо.
— Дур буго ункъо лъимер. Аллагьас цIунаги, амма дуда рагIани гьезул лъилниги бухьен ккун бугин наркотиказулгун абун…
— Гьеб рагIизегIан дунго хвезе бокьила дие. Гьел захIматал рагIаби дица абулел руго наркотикалги рихьарай, гьезул хIасилалда туснахъги бихьарай чIужугIадан, эбел хIисабалда.
— Гьание ккедал, гIагарлъиялда кIочон танищ мун, бугищ нужеда гьоркьоб бухьен?
— КIочонги течIо, рехунги течIо. Таксофоналдасан (бихьизабураб заманалда рекъон) кIалъала лъималазухъе. БитIун бицани, гьезие гIемерго захIмат буго дидаса, батIияса букIине ресги гьечIелъул — эбел аскIой гьечIого ун буго 8 лъагIел… КIиго моцIида жаниб цо нухалъ букIуна халатаб дандчIвай — гьелъие бугеб хасаб рокъоб рос-лъималгун тIамизе бегьула лъабго сордо-къо. Гьебго заманалда жаниб букIуна цо къокъабго дандчIвай — цадахъ рукIине кьола 2-3 сагIат. РитIулел передачабазул (хIакъаб жо, туснахъалде риччалел нигIматазул бихьизабураб къадар), щибаб къоялъ ритIаниги къварилъи гьечIо.
— Гьанире ккеялдаса цIуни мурадалда щиб абилеб дуца эркенлъиялда ругезда?
— Наркотиказухъ щвараб гIарац, кигIан гIемераб гьеб батаниги, буго киса бачIунебали кибе унебали лъалареб, баракат гьечIеб, ахир-къадги балагьалде рачунеб гIарац. ЦIамги чедги кун, хъизан-лъималгун эркенлъуда лъикI, наркотиказдаги гьездасан щвараб бечелъиялдаги хъантIун, цо къо дун йигеб бакIалда базегIан. Те наркотикал, къаге гьезда аскIоре, балагьуге нужеего балагь.
ГIабаш ГIабашилов