ЗегIдерил расалъи

ЗагIисан буго Шамил, ЛъаратIа, ЦIунтIа районазул  ва БежтIа участокалъул росабалъе нух

 

Дагъистан Республикаялъул картаялда ЗагIиб росу бихьизабун гьечIо. Гьеб буго гьитIинаб, амма цIакъго гIажаибаб тIабигIаталъул бокIон. ТIабигIаталъ жиндирго гьайбатлъи цIакъ сахаватго сайгъат гьабун буго гьеб расалъиялъе. Гьенир гIемер руго балагьарасул рекIелъе рохел лъугьинабулел, берзул лазат босизе рес кколел жал. Шамил районалъул ракьалда, АваргIоралда тIасан гьабураб Гьакьадерил кьоги бахун, тIаса гъоркье рачIунаго, ниж щвана Хунзахъ районалде гьоркьобе унеб ЗагIиб росдал росалъиялде. Гьеб букIана май моцIалъул бакьулъе кколел къоязул цояб. Севералдехун ругел рорхатал мугIрузул гъулдуздаса жеги гIазу биун букIинчIо, амма зегIдерил расалъиялъ гьеб ихдалил къоялъ, накIкIул хIур гьечIеб, цIцIел бер гIадин роцIараб зодисан бакъул чIораз ракьалъе хинлъи кьолеб букIана. ТIегьарал ахбазаналъул гъутIбузул ахикье бер рехидал, ракIалде кколеб букIана гIурччин-багIараб кьералъул тIадагьал накIкIул парчабаз бацун бугин гьебилан.
Богосалъул ва Нухъакьалъул мугIрузул сиртаз гьури гьукъула зегIдерил расалъиялде. Гьениб гьава букIуна бацIцIадаб, тIадагьаб, хинаб. Гьава-бакъалъул лъикIал шартIал рукIиналъ, гьениб рес буго цIоралъул соно ва инжир гIадинал, цIакъго хинлъи бокьулел пихъазул гъутIби гIезаризеги гьездаса бачIин бакIаризеги. Аслияб къагIидаялъ зегIдерил ахикь руго умумузул заманалда рукIаралги гьанже чIаралги генул, гIечул, мокьрол ва ахбазаналъул гъутIби.
ЗегIдерил расалъи буго АваргIурул квегIаб рагIаллъуда. Росдал харабаз бицана цебе заманалда гьенир цIолбол ахал гьарзаго рукIун ругилан. Гьеб росу гIуцIараб ракьалда гIадамаз цIакъ цебегоялдаса гIумру гьабулеб букIун буго. Гьелъие нугIлъи гьабула цо борхатаб гохIил тIогьиб гьоркьо­хъел гIасрабаздаго букIараб росдал чIудби хутIун рукIиналъ. ЗегIдерил гIадамазда гьенир ратун рукIун руго шагIил кIудияб хъаба ва курхьен. НекIсияб тарихалъул хIакъалъулъ бицуна килисаялъул хутIелазги. Гьениб буго «Александр» яги «Александер» абураб цIар тIад бикIараб ганчIил къоно.
ЗегIдерил расалъиялде тIаде къуларал мугIрузулги щобазулги батIи-батIиял суратал лъугьун рихьула. Цо мегIер яги щоб цогидалда релълъараб гьечIо. Расалъиялъе берцинлъи кьолеб буго зодил хъахIиллъиялъги, хьолбохъан чвахулеб гIурул лъададасан лъугьунеб кунчIиялъги, ахазул гIурччинлъиялъги. АваргIурул рагIалдасан сапар гьабизе бокьарал, мугIрузда ругел хер-тIегь гьарзаял мучIдузде ва циязги гIалхул хIанчIазги гIумру гьабулел рохьазде щвезе ракIалде ккарал гIадамазе нух зегIдерил расалъиялдасан буго. МугIруздеги расалъабаздеги щвезе, тIабигIаталъул гьайбатал бакIал рихьизе хиял лъоларев чи къанагIатги вукIунаро. Гьеб релълъуна интересаб тIехь цIалиялда. ТIабигIаталда гIемер буго инсанасе жеги балъгояблъун хутIараб, тIубанго лъазе ва бичIчIизе къасд кколеб жо…
Гьанже нуж унел руго АваргIурул квегIаб рагIаллъудаса тIаде хунздерил ЗоногохI мегIералъул къилбаялъул рахъалдасан. Автобусалъе захIмат буго хунздерил гIолохъабаз араб гIасруялъул лъеберабилел соназда гIатIид гьабураб гьакинухдасан эхеде ххаризе. ГъветI-хер гьениб, гъоба расалъиялда гIадин, гьарзаго гьечIо, бакI-бакIалда рихьула зазилги гIинтIидулги хъархъал. Кьурабазул парсахъ, ганчIазда гьоркьор рижун руго гIалхул куракул гъутIби. Гьенир руго цогидал бакIалда рижуларел цо-цо хъархъалги.
Рахъ-рахъалде хьвагIолаго, бигьагьабун эхеде бахунеб автобус гьалагал чвахунцIадаз чучазарурал бакIазде щведал, тормозазул бахъуна ракIгъанцIизабураб къир-къири. Нухлул кIиябго рахъалда, цо-цо бакIалда битIахъе нухдаги ратула кидаялиго кьурабазулъа тIун рачIарал, чIахIиял ганчIал. Эхедерай цIикIкIараб бугелъул, шоферас автобус бачунеб буго «тIоцебесеб хехлъиялда», «кIиабилеб хехлъиялде» рехизе, ай дагьаб гIедегIизабизе ракIалде ккани, мотор «угьдизе» лъугьунин абуна гьес.
Ахирги ниж рахана ИгирагIалде. Гьенисан АваргIор бихьула хъахIилаб гIебаб чалу гIадин, ЗагIиб росуги буго гъоба гъоркьа пахьул шагьиялъул сураталда. Амма къилбаялъул рахъалда КьилимегIер бихьула берцинго, битIахъе аскIоб бугеб гIадин. МугIрузулаб Дагъистаналда бищунго рорхатал бакIазда гьоркьоб рехсола КьилимегIер. Гьелъул тIогь буго ралъдал гьумералдаса 2456 метра­лъу­л борхалъуда. РоцIараб къоялъ гьениса Каспий ралъад бихьулинги абуна.
ИгирагIалдасанги Хунзахъе буго битIараб бакIалдасан додинабго къваридаб нух. Нижер гIемерисел хIинкъулел руго автобусалъул гордухъа къватIире раккизе. Нухлул рагIалда бугеб кьурул борхалъиялъ лъугьинабураб кIкIалал тIину бихьуларо. Нухлул ракьандасан бугеб кьурул рагIалде ралагьизе бокьани, тIагъур бортиледухъ, бетIер эхеде борхизе ккола. Богосалъул мугIрузул сирталъул къилбаялъул рахъалда ругел гьел гIицIал кьурабиги рикIкIуна Дагъистаналъул унго-унгоял памятникаллъун.
БитIараб нухдасан чанго километр нахъа тедал, ахирги ниж щвана гIемерал чвахабаздалъун машгьурлъараб хунздерил тIалъиялде.
Ибрагьимхалил МухIамадовасул
«ХIикматаб Дагъистан» тIехьалдаса