Кьурулъан чвахулеб чабхил иццул сас

КьилимагIарде гьабураб сапаралъул ялъуни, кьурул сирталги квегъун, магIарде лъим бачараб куцалъул хIакъалъулъ репортаж.

 

Жакъа бицине буго бацIцIадаб магIарухълъи гъорлъ бессараб са­паралъул хIакъалъулъ. Коронави­русалъул цо рагIи гъорлъ букIине гьечIо гьаб макъалаялда. ГIела, чIалгIана, бадиса баккана «корона­ги, пандемияги, карантинги», авал­ги-ахирги биларал гIорхъичIваял лъазабурал къоялги. ТIокIаб бици­не жойищ нилъер гьечIеб? КигIан бокьаниги буго. Доб лъимала­зул кочIолъ гIадин: «Бакъ щун, щоб ккун, щобда гIачи гIергIедун, гIодор бачал мимидун» буго ро­сабалъ гIумру. КьилимегIералъул аххалъуда буго дир Гьонода росу. Гьеб бихьула росдал бокьараб ава­лалде рилълъун хал гьабуниги. Я свак, я макьу лъаларев залимав нартав гIадин буго гьеб гIасрабаз эхетун. Щай дица хас гьабун гьеб мегIералъул бицунеб бугеб? Гьени­бе сапар бухьун букIана гьал къояз­да. Цадахъ вукIана анцIила щуго­ниги чиги. Гьонода росдал бегавул ГIамирханил МухIамадил (ХIажиев МухIамад) бетIерлъиялда гъоркь рахъун рукIана ниж къватIире.

КьилимагIардаса гIодобе чва­хулеб иццул лъим, жамагIаталъул боцIуца гьекъезе, магIарде бачине хIукму ккана гьесул.

 

 

КьилимагIарде рахунеб

сухъмахънухлул балъголъаби

Рогьалил как ахIарабго къватIире рахъана ниж. МугIрул карандаса эхеде, гъуждузда баччун шланга­зул гуригун ххаризе, узухъда, би­гьаго букIинчIо. Амма гьеб букIана захIматаб нухлул байбихьиялъул гIицIго цо бутIа.

КьилимагIарде щвезе ккани, цин бахине ккола гьелда гъоркьа бугеб гъваридаб кIкIалахъан унеб сухъ­махънух. Щибаб соналъ гьениса уна риидалил мучIдузде гIи-боцIи. БоцIи гебегун ине бегьулел гIадал хIинкъарал бакIалги рукIун, гъор­кьиса жамагIаталъул чанго чиги ун, кIварабгIан гIатIид гьабун букIана гьеб нух. КIкIаламухъ цIун буго КьилимагIардаса гирун бачIараб гьецIо-гъегъалъул. Бащдаб нух­ги тун, кIкIалал гъварилъуде щва­рабго, рагIизе бегьула ганчIазда гъоркьан чвахулеб лъарал хъуди. Абула гьеб лъар КьилимегIералъул тIогьиса чвахулеб лъедасан лъугьа­раб бугилан.

 

Гъоба гъоркьа бихьула Ша­мил районалъул Гъогъолъ росу. КIкIалахъан ххарун, гъоркьа тIаде рачIунаго, батула гIисинрохьалъ бахчараб мугIрул габурлъи гIадаб бакI. ЦIакъ берцинал махигъутIбуз берцин гьабун буго залимаб кьурул хIатIааххалъи. Рохьил расалъудасан унаго батула цIакъ цIорораб ицц. Гьелдаса цIорораб мугIрул иццул лъим дица жеги гьекъечIо. Чанго нухалда хIухьбахъиги гьабун, ахир­ги ниж рахана РажихотIа абун цIар бугеб майданалъул рагIалде. Гье­ниб къайиги чIван, щибаб соналъ бугъбузе вехьлъи гьабун рукIуна, тIадехун бицен гьабураб Гъогъолъ росулъа гIолохъаби.

 

 

Кьижун букIараб ицц борчIизабуна

РажихотIе ниж щвараб мехалъ­ги чIегIерал накIкIал рукIана тIад роржанхъулел. Квана-гъанан ха­дуб нахъойги нухда рахъана. КьилимегIералъул залимал парсал рихьулел рукIана, квер гIунтIани, аскIоре щолилан ккараб манзилалда гIагарлъухъ. Амма гьенире рахине ккани, жеги микьабилебги гIетI тIезе ккола, хасго тIоцебе гьенибе гьабу­леб сапар бугони.

Нухда нижеда ратулел рукIана тIела-тIелал гьарун кваналел, РажихотIа рукIарал бугъби. Ри­иялда жаниб чанго нух бала гьез КьилимегIералъул парсахъе, гье­ниб гьарзаго бижараб херги, бакъ багIаридал регизе гьогьомал нохъал­ги руго. РажихотIе ритIарал бугъби лъикIго кьаралъун рачIунин, раз­иго рукIуна гьезул бетIергьаби, амма рагъулаго кьурулъа гъоркье рехун гьел хварал хIужабиги камуларо.

 

Ункъабилеб парсида тIаса буго за­лимаб цоги кьурул гIус. Дидаги абу­леб батараб цоги цIар буго гьелда ТIасарокьбия абун. ТIасарокьбиятIе тIаде ине ккани, мун ххаризе кко­ла битIахъе кьурул карандаса эхе­де, болъо-къоно гIадин лъугьа­раб, хIинкъараб сухъмахънухалъ. ХIинкъарабилан кканиги, гьедин цIакъго захIматаб нух гьечIин гье­нибейилан абула гьенире рахараз. Гьениб тIаса буго Шамил имамас бан букIараб гьитIинабго мажги­талъул хутIелги.

Гъугъдулъан бецIцIулеб

                               гьацIул гахI бугеб

Буцрал лъим гьекъезе

                               къечоларищ нуж?

ТIасарокьбиялда цебе буго ниже­ца лъим бачараб иццги. Гьелда абула Буцрал иццилан. Жаниб хIариги ккун гьитIинлъун батана нижеда гьеб. Жа­ниса бацIцIадги гьабун, тIокIкIараб гьелъул лъеда хIохьбайдал, цаби цIунцIудизе гьаруна цIороялъ.

 

«Гьадин гIадада кьурулъе бецIцIулеб букIинегIан, мун, мацI лъалареб боцIул къеч хьезабулеб гъоба гъоркьа лъикI», -илан та­махго кIалги гьикъун, шлангалъул кIал иццул хIоринибе ккезабуна ГIамирханил МухIамадица. Кьу­рул квенчIелидаса гъоркьеги бачун, шлангазул гури ана парсихъа гъор­кье биччан.

Лъабабилеб парсихъан добехун гьеб цIазе хIадурго чIун рукIана гIолохъабазул цоги къокъа. Халатаб манзилалъ цIазе ккана гьел росдал магIарде тIаде ралагьараб бакIалде щвезегIан. Кьурул карандеги рахун лъим бачунел нижеда тIад тIавап гьабулел рукIана цIумал. Гъоркьа гIисинал тIанкIазде сверун рихьу­лаан гIалахалда кваналеб гIи-боцIи. Будунас ахIулеб какил гьаракь гIажаибго роцIцIун рагIулеб букIана мугIрул тIогьибе.

 

Къаде кваназе гIодор чIараб ме­халъ чIей букIинчIо бегавуласухъе кIалъан рачIунел чагIазул. ТIоцеве кIалъан вачIана гьесул инсулго вукIарав, цIакъ гьесие къиматав гьо­бол, Гъогъолъ гIумру гьабун вугев ГIабдалилмухIамадил АхIмад. Гье­сул умумул ккола КIуядаса. Сверухъ ругел росабалъ, хасго нижер Гьоно­даги, кIудияб къимат буго гьесул. «КьилимагIардеги вахун, лъим гъор­кье бачарав чи цохIо мун гурони ккечIо», -ян велъулев рагIулаан гьев, видеобухьеналдасан кIалъалелъул.

Амма гьесул каламалда жаниб разилъиги бихьулеб букIана. Гьес­дасаги цIакъ разиго вукIана дун гьеб сапаралдаса. Дида киданиги ракIалде ккелароан ралъдал гьуме­ралдаса 2425 метралъ борхалъуда бугеб кьурулъеги вахун, шлангаз гьениса гъоркье лъим бахъулеб гва­вулъе ккелилан. 1500 метралъул манзилалда кьурулъа гIодобеги ба­чун, гIансигIан цIорораб иццул лъим боцIи кваналел мучIдузде чвахиза­буна росдал бегавул ГIамирханил МухIамадил хIаракаталдалъун.

 

Исана кIиябго сон буго гьев рос­дае нухмалъи гьабизе ккаралда­са. Гьеб кIиябго лъагIалида жаниб чанги пайдаяб хIалтIиги гьабу­на жамагIаталъе. Росулъ машина хьвадулел шагьранухазде бетон тIеялдаса байбихьана гьес жиндирго хIаракатчилъи. Къокъабго заманалда жаниб лъабго миллионалъул багьа­яб бульдозерги бакIарана росулъе. Турун рукIарал токалъул хIубалги хисана, цIияб токалъул трансфор­маторги лъуна чанго авалалде ток бикьулеб бакIалда. Гьанже рос­дал лъел мухъ кьучIдасанго хисизе хIадурлъи гьабулевги вуго. Гьединго шагьранухдаса росулъе щвезегIан бугеб 5 километралъул манзилалда хъил тIезе ресал ралагьулевги вуго. Гьеб кинабго хIалтIи буго 25-ялда­саги цIикIкIун соналъ хъулухъалда рукIаниги, гьесда цере рукIаразухъа гьабун бажаричIеб, кIиго лъагIалида жаниб гьес гьабураб жигарчилъи. Гьев гурев батIияв чи КьилимагIарде лъеда хадув вахине вукIиналдаги кIудияб щаклъи буго дир. Амма гьев вахана.

ЖамагIаталъул газа кьурда рекIунилан цIакъ щулияб кици буго умумузул. Гьеб ритIухъ гьабуна МухIамадицаги КьилимегIералъул тIогьивеги вахун.