Батила гьаб хIакъикъат, цIунизе ккела низам

Батила гьаб хIакъикъат,

ЦIунизе ккела низам.

Какилъ гIадин рацIцIадго,

ЦIодорго рукIани лъикI…

 

 

Гьал рагIаби ругеб кечI рехун бачIана Туркиялда вугев магIарул наслуялъул вас Шамилица. КочIол роценалда хъванги, харбие бицунги цого тема цIикIкIунеб буго сверухъ къо бахъанагIан. Тема гуреб, жибго хIинкъиги рагьде щвечIеб бакI батизе захIмат буго.

Лъалареб хIалалъ хисулеб дунял, щиб, кин гьабилебали лъаларого, чанги батIияб къварилъиялда гIемерав чи. Гьелегьараб цIа гIадин багIарлъун бихьулеб дунялалъул карта, гьеб киналъухъго гIинбаларел гIемерал дагъистаниял. Гьеб кIвар гьечIолъиялъул «бачIинги» гIемерлъулеб буго.

 

ЦIияб къагIидаялъ дарсал кьолел мугIалимзаби, гьелде ругьунлъуларого цIалдохъаби, гьеб киналъулго тохлъи цIехон къватIиб чIвалел эбел-эмен. Щив гьелъие гIайибияв, мугIалимзабазе бокьун, гьез ургъун бахъараб жойищха гьаб ахIвал-хIал? Ццидал рагIаби рехизе гIедегIичIого, пикруго щайдай гьабулареб халкъалъ? Карантин бугин абун хвелги гIелги нилъеда гьукъизе, гьоркьоб къотIизабизе кIолареб къадар бугелъул, рес къотIун къватIире рахъинчIого гIоларебги кколебги буго ахIвал-хIал. Зигараялъ аралъур ракIарабиги руго, ригьин гьабулелги камулел гьечIо. МагIирокъор руччаби руго маскабиги ран зикру бачунел. Гуллидаса цIуниялъе къолден бараб гIадин ракIчIун руго гьел, кIиго гъат ххамил бугеб маскаялда. Гьелго тадбиразда рачунел кверал, кваналеб нигIмат. Зигараялъ рачIине гьукъун шлагбаумал лъолел ругинги буго хабар. ЦIодорлъи гьабе, рокъор рукIаян балеб ахIиялъул кIвар гIемеразда гIадалъего унеб гьечIинги кколеб буго мех-мехалъ, къватIазда хьвадулел машинаби, гIадамал рихьидал.

 

Рахунел унтаби рагъаридал, ругелъур чIей лъикI

Киндай тIамулеб буго карантиналъул заман адабияталъулгун маданияталъул машгьурал гьунарчагIаз? ТIоцебе гьеб суал битIана Дагъистаналъул халкъияй артистка Хадижат Жамалудиновалъухъе. Данде жавабалъе Жамалудиновалъ Расулил гьал рагIаби ахIана:

«Лъукъ-лъукъараб, хIинкъараб Дунял ахIдолеб буго

 Жиб хвезе бегьулилан,

Хехго кумек гьабеян…».

— Дир низамалъул щибго хисараб жо гьечIо, гIемер батIияб цIуна-къайги гьабуларо. Росулъе щвана, тIад юссана, ралъдахъе-нахъе хьвадула,- ян абуна Хадижатица.

 

Дагъистаналъул халкъияв шагIир МухIамад ХIамзаев магIарухъ ватана.

Хъвай-хъвагIаялде вуссинеги регIичIого, жамагIаталъул гIаммаб ишалда Бакълъухъ вугин бицана гьес.

 

 

— Росулъе цIияб гIатIидаб шагьранух гьабиялде, кьо баялде тIаделъун руго нижер гIолохъаби гьал къоязда. Щибаб къойил хIалтIула нухда. Нижеца цебеккунго хIисабалде босараб хIалтIи букIана гьеб. ХIукуматалъул гIарац гьечIого, нижецаго гьабулеб иш буго. ЦIияб нух бахъулеб буго, хасалоги гIазу хехго биунеб, бакъулаб рахъалдасан.

Жакъасеб ахIвал-хIал гIамм гьабун босани, гьаб унти гIемерисев чиясда жидерго росу-ракь, рижараб ВатIан ракIалде щвеялъе сабаблъун кканин ккола. Гьединго, кIудияб унти-балагьалда аскIоб дунялалъул боцIи-малалъул пайда гьечIолъиги, нилъ киналго хвезе рижун рукIинги ракIалде щвеялъе.

 

 

Цоцазде рахунел унтаби рагъаридал, ругелъурго чIейги нилъер хирияв Аварагас малъараб гьаби кколелъул, гьелде кIвар кьуни лъикI киназго.

Авар театралъул актеразул бугеб ахIвал-хIал цIехана халкъалъе къиматал артистазда.

 

— Дачаялда бахча-ахги къачIан, мангалалдаги самоваралдаги гьоркьов, кIкIуйдул терапия гьабулев вуго, — ян абуна ГIабдухаликъ ГIабдулхаликъовас.

Майсарат ГIабдулмажидова росулъе уней, нухда йигин бицана:

— Дуца статусалда лъураб тIегь-хер бихьидал, шагьаралъул секциялда жаниб ракI хIебтIичIо. ЦIилъулеб ихги бихьизе, бацIцIадаб гьаваги цIцIузе ГьаракIуние уней йиго, — ян жаваб гьабуна, жиндиего хасиятаб кIарчамлъиялда, халкъияй артисткаялъ.

 

Росабалъ, районазда культураялъул хIалтIухъаби хIалкъан, чIамучIлъун ратилищха, бахча-ах гьечIев чи магIарухъ гIемер вукIунарелъул.

Карантиналъул заман киндай буго чIарадисезулин цIехана гьеб районалъул лъай кьеялъул, маданияталъул отделалъул нухмалъулев Шамил МустIапаевасда.

Карантиналъул заманалда рекъон, лъай кьеялъул цIияб къагIида хIалтIизабиялде буссинабун буго гьеб отделалъ аслияб къуват. Живго росабалъе хьвадун хал гьабулеб буго хIалтIул, тIатинарулел руго гIунгутIаби ва гьел лъугIизаризе хIаракат бахъулеб буго.

 

— Карантиналда ругин абун, тIубан хIалтIиги рехун тун, чIун гьечIо культураялъул хIалтIухъабиги, — ян бицана Шамилица. — Гьел хIадурлъулел руго КIудияб Бергьенлъиялъ 75 сон тIубаялде, хIалтIулел руго жидерго репертуар цIигьабиялда тIад.

Гьеб киналъего нугIлъи гьабулел видео-баянал социалиял гьиназдаги лъун рихьана Шамилица. Карантиналда ругел чIарадисезул гьунарчагIазул кочIолаб калам щвана социалиял гьиназде руссарал магIарулазе гьал къоязда. Гьезул цоялда гьадин ахIулеб буго:

«РикIкIаде, рикIкIаде, рагъул нухазде

Дир хабар босун а, хиялазул поч.

Хирияв васасда, дир солдатасда

Салам бицун къоче къаси шагьримоцI».

 

Хунзахъ районалъул маданияталъул вакил МахIач ХIасановги чIалгIаде заман чIвалев гьечIолъи лъана:

— Щибха гьабилеб, ГьатIимат, гьадин рокъор чIезе кколеб заман бачIун бугоха. Амма гIадада дун вукIинищ, гьале музыкалиял тIагIелал реэдулев вуго рокъов. Гьаз нилъее гуребги нилъеца гьазиеги гьабизе кколелъул хъулухъ. Бигьаго росизе щолел учузал жал рукIунарелъулха гьал. КъачIалел руго, рацIцIулел руго, цо-цо гьелги рачун бакъанги биччалеб буго, дирго ракI чучиялъе.

ЗахIматаб заманалда -цебесеб кьерда

Райгазетазул хIалтIиги гьоркьоб къотIун гьечIо, «ХIакъикъаталъулго» гIадин. Редакторалгун жавабиял секретарал, пресс-хъулухъалъул хIалтIухъаби цебесеб кьерда руго хIалтIулел, хIинкъиги гьезие цогидаздаса дагьаб букIинищха. КIудияб квербакъи гьабулеб буго гьез районазул нухмалъулезе гьаб хIалуцараб заманалда.

ХIалхьиялде инчIо Дагъистаналда бугеб бищунго кIудияб промышленнияб предпиятие «Концерн КЭМЗ» ОАО. Жидер хIалтIи гьоркьоб къотIизе тун гьечIин бицана заводалъул рекламаялъул отделалъул нухмалъулев ЧIарадаса ГIабдусалам Халиловас. Сахлъи цIуниялъул хIалтIухъабазул тIалабалги щибаб къойил камилго тIуразарун, кIудияб заводалъул хIалтIи цокIалго нухда унеб бугин абуна гьес.

 

Заводалда жанибго бугеб цехалда жидерго тIолалго хIалтIухъабазе гIунги тIокIал, аза-азар медицинаялъул маскаби рукъулел руго КЭМЗалъулаз.

КъватIире рахъунаго, гьумер-кIалалда маскаби райилан тохтурзабаз гьоркьоса къотIичIого лъазабуниги, аптекабаздаса гьел росизе щолареблъи халкъалъе цебего баянлъана. Шамил районалъул МачIада росулъ буго «Концерн КЭМЗалъул» рукъарулеб цех. Гьенирги рукъулел руго лъикIаб ххамил (бацIцIадаб хлопокалъул), чурун чанцIулго пайда босизе бегьулел маскаби. ХIажалъи ккаразул мурадги тIубан, заказал къабул гьарулел руго гьез. Гьениб букъулеб цо маскаялъул багьаги буго 40 гъурущ. ЦIикIкIараб къадаралъул заказ бугони — 35 гъурущ.