ГIин кьурун, гIор къалев МахIмуд

ГIагараб росулъе щвезе сапаралъ яхъиндал, кидаго лъалхъула ХIебда росулъе щолеб бакIалда, какал разеги машинаялъубе бензин тIезеги. ЩугогIан соналъ цее ХIебде щведал, ракI бохизабуна, Авар гIурул рагIалда бараб сангар бихьидал. Гьал къоязда редакциялде вачIана гьеб сангар барав устар Мусрухъа МахIмуд ГьитIинов.

 

«16 млн 700 азарго гъурщил хIалтIи гьабуна нижеца гьениб. Амма жеги кьечIо гьелъухъ гIарац. Гьелъие гIиллалъун буго хIалтIи гьаби тасдикъ гьабулел кагътазда заказчикас, ай «Дагводсервис» идараялъ, гъулбасунгутIи. Гьезул вакилас абуна жидеда ДРялъул Минфиналъ лъазабун бугила бюджеталдаса бахъараб объект бан бахъиналъул хIакъалъулъ документазда гъулбас гьабугеян абун. ГIажаибаб жо кколеб буго! Дир идараялдаги «Дагводсервисалдаги» гьоркьоб гьабураб къотIи-къай буго. Цоябниги рахъалъ гьеб биххизабулеб бугин лъазабунги гьечIо. Гьелъул гIаксалда – 2017 соналда жеги тIаде жубана гьеб къотIиялъул болжал. КъотIи биххулеб мехалда, гIахьаллъизе ккола кIиябго рахъалъул вакилзаби. Гьелде тIадеги, къотIи бихханищ – гьабун бахъараб хIалтIухъ гIарац кьезе ккола гьебсагIатго. Дун бергьунеб хIал буго, юридикияб рахъалъ халгьабуни. Амма бергьунев гьечIо…
Доб заманалда районалъул бетIерлъун вукIана МухIамад Асиятилов. Гьес рагIи кьун букIана гьабураб хIалтIухъ харж кьезе, амма данде ккечIо. Гьелъие гIиллалъун ккана бюджеталдаса нахъе кьураб объект гьеб букIин, ай гьелде биччараб гIарац бюджеталда гьечIолъи. 
Районалъул бетIерасул рагIуда божун, дирго гIарац харж гьабуна дица гьениб – бичана машина, дача. Гьеб гIарац кьуна хIалтIухъабазул цо къокъаялъе. Руго жеги дица харж кьечIого хутIарал хIалтIухъабиги», — ян бицана гьес. 
 
МахIмуд вуго кьучIаб рагIул инсан. Гьедин, гIурул рагIалда сангар балаго, гьесул рагIуда божун, гьенир хIалтIана батIи-батIиял районаздаса устарзаби, кьуна хIалтIизабизе техника. Къаси-къад чIечIого хIалтIана техникаги гIадамалги. ХIалтIулаан гъираялда, щайгурелъул цIадхIалаб ва гIазу биараб заманалда лъим гIемерлъиялъ гьалаглъараб гIоралъ рагIалги кванан, шагьранух къварид гьабулеб букIана. Сангар бай киназего хIажатаб иш букIин бичIчIиялъ гъирабазабулаан хIалтIухъабаздаги. 
 
«1971 соналдаса нахъе дун вукIана ХIебда. Доб заманалда гIор чвахулаан росулъ жанисан. Дагь-дагьккун, гIор «хъущтIизабуна» мегIералъул ракьандехун. Гьабуна дол соназдаги гьелда цебеги сангар. Амма даимаб жо букIунарелъул, цебего заман щун букIана сангар цIи гьабизе. Нижеца гьеб хIалтIи гьабичIебани, шагьранух къазе кколаан. Гьенисанин абуни, гIадамал хьвадула Шамил, ЛъаратIа, БежтIа ва ЦIунтIа районазде. 
ГьабсагIаталда гьединаб квешаб хIалалда буго ХIебдаса эхедегIан бугеб гIурул рагIал. Лъеца дагь-дагьккун «кваналеб буго» ракь, кколеб буго шагьранухалъе хIинкъи. Республикаялъул нухмалъиялъ абулеб буго, гьеб рагIал цIигьабиялда бан, документалги хIадурун, гьелда гъорлъего ккезабизе бугин райцентралда гьабун бугеб хIалтIул проектги. Гьеб проект къабул гьабуни, бюджеталда букIине буго гьелъие биччараб гIарац. Хьул буго гьедингIаги дир рукIарал киналго хIалтIухъабазе харжал кьезе рес ккеялде», — ян бицана МахIмудица.
 
Гьабураб хIалтIул чарагьечIо­лъи­­ги гьелъухъ харж кьечIого ху­тIиялъулги хIакъалъулъ чанцIулго хъвана ДРя­лъул бетIерлъун вукIарав Рамазан ГIабдулатIиповасухъеги ДРялъул ТIа­бигIиял сурсатазулгун экология­лъул министерствоялдеги, ГIурул рагIаллъаби цIуниялъул идарабазул нухмалъиялъухъеги, районалъулгун регионалъул ва федералиял судазул идарабаздеги. Амма хIасил жеги ккечIо. ЧанцIулго дандчIвана МахIмуд министр Набиюла Гъарачаевгунги. Бицана лъикIаб хабар ва абуна, материал судалде кьеян, гьеб мехалда жиндие бигьалъулила дуе гIарац балагьизейилан. «Кинниги, дир ракI рекъараб хIасил судазулги ккечIо. Амма дида лъала дун ритIухъав вукIин: гьабсагIатги берда цебе буго дица ва дир хIалтIухъабаз гьабураб хIалтIи, жамагIаталдаги бихьана гьеб гьабулеб букIараб къагIида. ГIадамаз доб заманалда абулеб букIана, гIин кьурун, гIурул чвахи хисизабунин МахIмудицаян абун. Бокьараб комиссияги гIуцIун хал гьабе – гьабураб хIалтIул жаваб кьола дица», — ян абуна М. ГьитIиновас.
 
МагIарухъ нухазул кIваралъул бицунеб цо хIужа рехсела. Дир букIун батила доб заманалда 3-4 сон. Эбел-эмен ун рукIана хъутаналде, инсул вацасе ригьин гьабизе. Ниж тана кIодоэбелалда аскIор. Цо къоялъ радалго гьей ана, нижеде нуцIаги рахан. Дидаса кIудияв вацасда лъазабуна гьелъ, кирениги къватIире унгеян абун. Амма дов, гордухъан къватIивеги лъугьун, рокъор рукIаян нижедаги лъазабун, ана. Гьес гьабураб гьабуна нижецаги: бакьулъ ккезавуна дидаса гьитIинав вацги, дунги яцгIалги рахъана болъоду­хъан къотIноре. ГIажаибаб, рекIелъе хIинкъи ккезабулеб гьаракь рагIулеб букIана гIурул рагIалдасан. Ниж ана гьенире. Нухго бихьулеб гьечIоан – гьеб бацизабун бугоан щвараб гIоралъ. ГIемер хIинкъиялъ, ниж гьеб параялъго рокъоре тIадруссана.
Гьел къоязда магIарухъе рачIунел рукIарал эбел-эмен, нухги гIоралъ ун, лъелго рачIине ккана росулъе. Анкьалдасаги цIикIкIун заман бана гьез нухда…