ЧIунтулел руго магIарухъ росаби

Дунялалъул рагIалда бугебги, хъатиниб лъураб гIадин, бихьизабизе рес бугеб заман гьаб бугелъул, бокьарав чиясда кIола, Интернеталъул кумекалдалъун, цогидал улкабазда ругезулгун бухьен гьабизеги гьез гIумру гьабулеб къагIида бихьизеги.

 

Масала, араб гIасруялъул 90-абилел соназдаго Казбек районалдаса Германиялде гочарав Рамазаница, скайпалдасан рихьизарулел рукIана немцазул росабиги гьезул гIадамазул бугеб гIумруги. Гьединабго бечедаб ва лъикIаб гIумру Европаялъул цогидал улкабазул росабалъги батулеблъи хIакъаб буго. Азиялъул рахъ босани, масала, Япониялъул хIукуматалъ, гIадамал росабалъ чIезариялъул мурадалда, гьезие хIажаталщинал шартIал чIезарулел руго. Гьезул аслияб мурадги рагIула жидерго гIадатал, культура, тарих, памятникал ва цогидабги цIуни.
Испаниялда гIумру гьабун вугев АхIмад Сурхатиловас бицухъе, гьеб улкаялъул пенсионерал кколел руго бищун бечедал ва ресалда ругел гIадамал, росабалъ ругезул букIунила цIакъ берцинаб ва рахIатаб гIумру.
Щибха бугеб Россиялъул, гьелдаго гьоркьоб Дагъистаналъулги росабалъ? ТIокIаб жоялъул бицинчIониги, ахираб 20 соналда жаниб цохIо Дагъистаналъул мугIрузул районазда 45-ялдасаги цIикIкIун росу чIунтун буго. ГIилла – гIадамал, магIишат гьабизе бигьаяб бакI балагьун, гIатIиракьазде гочин. Гьелдалъун, росабаздаго цадахъ, чIунтулеб буго мацIги, тIагIунел руго гIадаталги, билун, лъугIун унеб буго тарихги. Гьеб нилъер талихIкъин букIин жеги кколедухъ бичIчIулебги гьечIо. БичIчIулеб гьечIо росулъа гочунев щивав чиясда цадахъ, чабхилъе лъим гIадин, тIагIунеб букIин росдал гIумруги, гIадаталги, яхI-намусги, рукIа-рахъинги, хьвада-чIвадиги, хиса-баси кколеб букIин тIабигIаталъулги. Хурзалги, ахалги, харибакIалги гьечIелъур чIолел гьечIо рухIчIаголъабигицин, хасго хIанчIи.
Жакъа харабазецин бокьулеб гьечIо росабалъ чIезе. Лъиеха бокьилеб гIура-гIурал лъималги, лъикIаб гIумру балагьун, талихIалда хадур къватIире ине ккараб мехалда, жалго гьенир рукIине. МоцIрое бачIунеб пенсиялъул 11 азарго гъурщихъ цIулищ, тIурччийищ босилеб яги дарабазухъищ гьеб кьелеб?
Умумузда гIадин къобихьун, магIишат гьабизе гIолилазеги бокьулеб гьечIо. Гьабейилан гьезда абизеги бегьиларо. Гьездаги бихьулеб бугелъулха дунял хисун букIин. ШартIал гьечIеб бакIалда гIумру гьабулев чи вукIунаро жакъа. Пачалихъалъги росабалъ шартIал чIезариялъе, гIолилазе хIалтIи букIинабиялъе гIоло гьабулеб хIалтIи гIей гьечIеб буго.
Югалъулаб Дагъистаналда рехун тарал, чIунтарал росабазул къадар нусгоялдасаги тIаде унин хъвалеб буго республикаялъул экономикияб цебетIеялъул министерствоялъул сайталда. Ахираб лъабго соналда жаниб мугIрузул росабалъа гIатIиракьазде гочун руго 30 азаргоялдасаги цIикIкIун чи. Жакъа чIвадназде сверарал росабийин абуни лъугьун руго туристазе багъилал бакIаллъун. Амма гьенире рачIунезул къадарги гIемер букIунаро тарихиял памятниказде сверарал гьел бакIазде сах-саламатал нухал гьечIолъиялъ. Гьеб киналъулго хIасилалда чIвадназде сверарал росабиги лъугьун руго нилъер умумузул гIумру-яшавалъул бицунел гIицIал нугIзаллъун.