БачIин кьолареб оцбай

Кида бижараб оцбаялъул байрам? Кин гьеб жеги цIунун хутIараб? Гьел суалазе жаваб балагьизе нилъ лъугьинаро. Лъалеб жо буго ислам тIибитIилалдего гьеб гIадат букIараблъи, баянаб буго мугIрул халкъалъе бокьулеб байрам букIинги. ГIасраби свераниги, хурзал рекьулел гьечIониги, байрам цIунун хутIун буго.

 

Цебеселъул бицинчIого, жакъасеб сундаха данде кквелеб?

Дир заманалъул лъималазда ракIчIун лъалаан лъагIалида жаниб ункъо нухалъ цIияб ретIел щолеблъи. Гьезул цояб — оцбанкъо, хутIарал — кIалбиччанкъо, маялъул байрамал, тIоцебесеб сентябрь.
Байрамал гIагарлъулел къояз, гъансил тIала рагьун хъирщараб ххамги къвалакь ккун, рекерулаан гурде букъизе, росулъго бищун лъикIай устаралъухъе. Гьелъ цониги лъимер мурад тIубачIого нахъчIваялъул яги лъихъаниги мухь босиялъул хабар букIунароан.
ЧIахIиял школлъималаз гIисинал куцан гIуцIараб концертги камулароан оцбанкъоялъ росдал майданалда. Гьеб концерт хIадуриги букIана кутакалда балъго гьабулеб иш. Лалал тIамулел, тIощел бакIарулел росдал гьоцIабазул авалалда рукIунаан церерахъиналъе куцалел. Аслияб хIалтIи гьабулаан тIощалидаса эркенлъарал пажазда жаниб. Генералияб репетициялъе, бищунго гIадамазул бердаса хьвараб бакIалда бугеб, гьоцIиреги рахъунаан.
Оцбанкъо хIакъикъаталдаги бу­кIана чIахIиязегун гIисиназе рохел кьолеб росдалго байрам. Берцинго къачIарал, тIад цIулакьо бекьарал гьуинал чадил горал режулеб махI къватIахъго букIунаан тIибитIун.
ГIурдаллъи цIилъилалде ракьулъе мугь хьан росдал хIурматиял харабаз иргадал кьолеб пурцил гIоркь, хур цIун бачIаги, баракатгун рахIмат цIикIкIагиян дибирас гьабулеб дугIа. Гьелда хадурго гъун хараби, лъимал рекерулел къецал, гIолилазул тирилъигун къуват борцунел хIаял. Бергьенлъи босаразул горбода ралел дол гьуинал горалги рукIинарищха. Ясаз ахIулеб кочIохъе миллияб кьурдул свери, разиял гьурмал, махсара-хочI, рохалилаб ахIвал-хIал.
ЖамагIаталъе бикьизе щибаб рокъоса бачIараб садакъаялъул гьарзалъи. Реччебалда буцараб гIатIал панкъал — тIад нахги цIамги бахарал гьезул тату гIумруялъ кIоченаро! ХIухьлахунел могьол хьагал, нисугун нах жубан буцараб тIех, гIанкун цIоросаролъил чIер, чамасдакIгIан гьуинаб бакъвараб гени, нагагьазул рокъоб цIунун хутIараб хасалил гIеч, цIулакьо, дагьаб бугониги кампет-печеня. Камулароан цо-цо бакIалъулал чемпионазе гъурщал рикьулел чагIиги.
Оцбанкъо — гьеб букIинчIо умумуз гIицIго рекIелгъеялъе ургъараб аваданаб байрам. Хаселги нухда регIун, ихдалил хIалтIабазде каву рагьулеб бугин рагIизабулеб къо букIана гьеб. ЦIилъулеб тIабигIаталда цадахъго гьеб байрамалъ чIаголъизарулаан кьиндал гъасда хинлъун бакIлъарал чурхдул, цIикIкIинабулаан магIи­шат-яшавалде гъира.
Кинха тIобитIулеб бугеб гьеб мугIрул росабалъ? Бугищ гьениб цIунун жиде-жидее хасиятаб къагIида?

Ихдалил хIалтIабазе
байбихьийищ, байрамищ?

Оцбаялъул байрамалде хIадур­лъулел ратила цо-цо росабалъ. ГIемерисел бакIазда гьеб байрам тIубанго кIочонги тана.
Нилъер заманалда оцбанкъо ху­тIун буго аслияб байрам хIисабалдаян абуни, мекъи ккеларо. Гьебги квеш гьечIо, жамагIат данделъулеб буго, хурзал рекьичIониги, бугониги цо-цо хаслъиги цIунун буго. Мисалалъе рехсела Шамил районалъул цо-цо росабалъ их чIеялъул байрам тIобитIулеб къагIида.
Гьал ахирал соназда Гьоориб росдал оцбанкъо республикаялъулго байрамалде сверун бугин абизе бегьила. Гъираялда рещтIуна гьеб къоялъ гьаадерил ракьалда, басрияб КъахIиб ва Басрияб Гьоор росабазул архитектураялъ асир гьарурал, рикIкIен гIемерал туристал. Миллияб спорталъул къецал, аваданлъи, сухIмат. Гьеб рахъалъ гьаадериде вахарав чиго ватиларо магIарулазул. ТIолабго байрам нухда бачине тIаде босула цо хъизамалъ. Исана оцбай тIобитIулес тIадеялъул ирга бугев вихьизавула.
Хучада росулъги кIудияб чIаголъиялда тIобитIула их чIеялъул гIуж. МагIарухъ яшав гьабун цIакъго дагьал гIадамал ругониги, оцбанкъоялъ гIалам рещтIараб хIал букIуна гьениб лъарагIлъиялдаса росуцоялги рачIун. ГьезулгIан аваданаб, магIнаяб оцбай магIаруллъиялдаго хутIун батиларо. Гьезул хаслъиялъул цебеккун чанцIул бицунги букIун батила нижеца. Оцбанкъоялъ хучадисел магIарухъе рачIуна балугълъиялъул гIужде рахарал жидерго васалги рачун. ХIалбихьула гьезул тирилъиялъул, къуваталъул. ЖамагIаталъе хIажаталлъун жал рукIине ругин гьа бала гIолилаз халкъалда цебе.
Палугьаби, кечI-бакъаналъул гьу­нарчагIи ахIун, бечед гьабула хIо­тодисез жидерго оцбанкъоялъу­л байрам. Пуруц нахъа барал оцаздаги гьениб бер чIва­ларо, рахъ базе чу камунги ху­тIуларо. Амма гьеб рахъниса хасалихъе бачIин бакIарулищ — ба­кIаруларищали баян кьезе кIоларо.

ХIамул рараб пурцил,
унго, сурукълъи

Чанги росабалъа гIарзал рагIана оцбанкъо тIобитIи хвезе тунилан бегавулзабазде гIайиб чIван. Амма рагIуларо гьезул зигарди рехун тарал мегъазул, байрамкъоялъул рахъ базениги росулъ гIезаруларел оцазул бицун.
Советияб заманалда бекьарулеб нусгогIанасеб рукь букIараб магIарул росулъ пуруц базе цохIониги оц гьечIо гьанже хутIун. Рекьуе гьел квегъизе, куцазе лъалел гIадамалцин лъугIулел руго.
ХIалтIизарулев чи гьечIого, гIал­худа ругел хIамул пурцида ран картошка бекьулелги рихьана бакIал. Оцазул рехьед хьихьун ругьунал умумузул наслабазда гьеб рекъон гьечIеб куцха!
КIудияб улка биххиялда цадахъго мегъал чIунтизе теялда хIикмалъула. Пикру гьабе, магIарулал, щибго пайда босичIого чIобого бугебщинаб ракьул!
Жидер мугъалъ баччун умумуз гъогъодаса рацIцIад гьарурал дол хурзабахъе сухъмахъалцин ратуларо гьанже, харица рацун руго гьел. РецичIого сагаби хутIулел руго ракъвазе. РукIинчIел гIадин лъугIана тIорщалил цIурал пажал, бер чIваларо магъилъ гъобазда. Лал тIами щибали лъаларо гIолилазда, лулбузда рекIун букIунеб рахIат бихьуларо гьитIичазда. Гьедин буго цIикIкIунисел бакIазда, наккдалъ рукIкIен гIадин хъирщани гурони, ратуларо тIорщалил хурзалги, харибакIазда ясалги.
ГIажаиблъи гьечIищ, гьеле гьединал росабалъ оцбаялъул байрамалги тIоритIула кIудияб ихтилат-кепалда.
ЛъикIищ гьеб, квешищ? ЛъикI батила, щиб багьана батунги, жамагIат данделъи, гIадамал рохизари.