Ракъиги бихьана, захIмалъиги хIехьана

88 сон барай Аминат ГIабдулмуслимовалъул ракIалдещвеял

 

Рагъул заман букIана, кутакаб ракъиги букIинарищха. Калининау-лалде гочинарилелде цебе, ракIалда буго, ниж рачун рукIана хьарал хьонал рахчизаризе. Нижеца гьел рахчизарулаго, цониги мугь кIалдиб лъеладаян, хадуб халкквейги чIезабун букIунаан…

Отаралда, Чуричуризоялда ру-кIана инсул яцал. Рагъул заманалда гьезухъе унаго загьруяб харилъ баккараб лъабго мичIчI щвана дие кваназе. Ракъуца холел гIадамаз бакIарун, кванан, сверухълъиялда букIинчIо хутIун щибго кваназе бегьулеб гIурччинлъи…
…Дун цIакъ хIалтIулей чIужу йикIана. Руго медалал лъикI хIалтIаралъухъ щварал. Дун кколаан захIматалъул цеехъан, росдал депутат, колхозалъул правлениялъул член…
Гъеж бекун букIана дир. Гьединаб гъежгун диргоги, эбел (якьад – авт.) Зулайбатилги хурзал гьарулаан дица. Гьеб гуребги, хIалтIун цере лъугIарал рачунаан, мобилизация абун, гьаричIого хутIарал цогиязул хурзал гьаризе.
Дир эбел Салдат йитIана Терекалде щулалъиялъул канал бухъизе. Гьениса килищ унтун, гьебги би-гъун, ячIана нахъе.
13 сон барай чIужу ана дун росасе, Зияводиние. Гьелде щвезегIан дун цоги чиясе абун йикIана. Цо нухалъ берталъ дида гьев дун абурав вас вихьана кьурдулей цоялъе хъат чIвалев. Гьеб квеш бихьун, дида ракIалде ккана дунги чIужулъун ячIун мун воххиларилан. Берталъ, чIужу ячунаго, чода рекIарас кьилиги лъун, чу лъугьинабулаан жанибе, гьелда бухьунаан кIаз. Гьедин Зияводиница чу жанибе лъугьинабидал, дун абун вугев васас абуна диде Зияводиниде цо квешаб кечI гьабейилан. КечI гьабизе, гьеб ахIизе махщел букIана дир. Дица гьев васасе квешезего Зияводиниде бахъана лъикIаб кечI:

Мун веххе хьвадулел
халатал нухал
Хвалчаца къотIани,
къокълъилародай?
Дудаги дидаги гьоркьоб щоб буго,
Аллагь шуршудаги
нилъеда гьоркьов.

Гьедин дов чиги живго тун, дун Зияводиние ана. Доб мехалъ бахIарай гьакида, ялъуни чангъида рекIун ячунаан. Гьес дунги чангъида рекIинаюн ячана. Дун Зияводингун данделъараб мехалъ магьари лъураб гурони, ЗАГС гьабичIо, 13 сон барай дун рукъалде ине гьитIинго йигилан. Армиялде инелде ЗАГС гьаби хIажалъун, Зияводиница Дилималдеги ун, гьений хIалтIулей йикIарай Жарият абурай чIужуги рекъезаюн, хъвезе жоги кьун, гьабуна нижер ЗАГС…
Ниж данделъун хадув Зияводин армиялде ана. Шиябодин гьавураб мех букIана. Ункъо сон армиялдаги бан, вачIана Зияводинги…
Нижер сверуда цояз кьураб цо гIанкIу гурони, рокъоб щибго букIинчIо. МагIишат, яшав гьабизе бугеб гъираялъ дица гьеб гIанкIу хъвечIого, цIунана. ГIабасил МухIамадил чIужу Жубайзат дир яц йикIана. Дир эбелалъ абун бачIана МухIамадил гIака бичун босейила (Гертмаялде учительлъун унев вукIун, гьесул гIака букIана бичулеб). Дица абуна, щибги кьун дица гьезул гIака босилебилан. Хадуй дир эбел ячIана Алмахъалдаса дихъе щвезе. Булахъалъул рагIалда гIадамазе рикьарал хурзал рукIана. Гьениб цIоросаролъ бекьараб хур бихьун бугоан щвезе ячIуней дир эбелалда.
Гьелъ дихъе щведал, нахъеги абуна доб МухIамадил гIака босе-йилан, багIарлъун азаликун баккун хIажинкIа (цIоросаролъ – ред.) бугин дур бижулеб, бижидал гьеб кьезе доб гIака босейила.
Гьедин босана дица гIака. Гьезги гIедегIизабичIого, нижее гIарац щведал кьезе тана налъи. Гьеб гIакдадасан, жеги цо гIачIар тIадеги босун, нижер рокъоб гIуна щуго чIегIерхIайван…
ЦIакъ хех хIалтIулей чIужу йикIана дун. Цо нухалъ чIарадилаго Забит (Дадич) вачIана диде аскIове. ДоегIанисан хIалтIулей йихьун, гьеб хIалалда газа хьвагIулей щийдаян лъазе вачIун вукIанилан абуна гьес. Дица щибха гьабилеб, Аллагьас гьедин хех хIалтIизе йижарай йикIанаха дун. Передовица абун, колхозалдаса щибаб соналъ сайгъатал кьолаан дие. Гьедин кьун ругьунлъун, цо-цояз гьикъулаан исана щиб дуе кьурабилан…
Цебе заманалда ракъиги бихьана, захIмалъиги хIехьана, амма метерисеб къоялде божилъи букIунаан.