Салатавиялъул бахIарзал – ВатIанияб рагъда

Рагъул заманалда кинабниги гIуцIиялъул иш, халкъ бергьенлъи босизе бахъинабиялъул, хIалтIи цебетIезабиялъул суалал тIаде кколаан партиялъул райкомалде. Гьеб заманалда гьелъул тIоцевесев секретарьлъун вукIана ХIажиев ГIабдукъадир.

 

Районалъул росабалъа рагъде ана 2797 чи. Гьезул тIад руссинчIо 1678-ял. РукIана мисалал тIубараб хъизамго ватIан цIунизе иналъулги. Лъабго ва цIикIкIун васал фронталде ана чанго хъизамалдаса. Дилималдаса вацал ГIабдурахIман, ГIабдулхIамид, ГIабдулатIип, Камил Беркихановал; МухIамадхIабиб, МухIамадмансур ва Халид Темирбулатовал; Мада, Тимур ва Деде ГIабдулмуслимовал; Буртунаялдаса – Абубакар, ГIабдула, Ама Гереевал; АхIмад, Идрис, МухIамад Магьдихановал; Муса, Сайгит, Юсуп Сайгитовал; АсхIаб, Ибрагьим, Зирал ГIалиевал; Башир, Расул, Сулайман Уладиевал; Насрула, Будун ва Хайрула Акилаевал; Хубаралдаса – вацал Асадула, Асса, СултангIали ва Чупалав Арсланбеговал; Гъозталаялдаса Адил, Аскерхан ва ИмангIали БайрамгIалиевал; ГIабдулманап, ГIабдулгIазим ва Басир Шираздиновал; Алмахъалдаса – Забит, Зулумхан, Гьашим Насрудиновал; Асадула, ГIабдула, Басир ва Камил ХIасановал; Гъамбулат, ГIумар ва Улуби МуртазгIалиевал; ГIабдулмалик, Самад, Халипав Хамаловал; Къурбанав, Насрула, Янда Нуцалхановал; эменги васги Наби ва ГIалисултан ГIамиргIалиевал; Ихаса – Абук, ГIабдулбасир, ХIасан ва МухIамирза МухIамадовал; Гертмаялдаса – АбутIалиб, Мухтар ва МухIамад Дибировал ва гIемерал цогидалги.
Рагъул шартIазда унго-унгояб бахIарчилъи бихьизабуна Гертмаялдаса гвардиялъул кIудияв сержант МухIамад ГIабдулаевас, Гуниялдаса жиндиего бокьун, 1941 соналъул июлалда рагъде арав, А. Невскиясул орденалъе мустахIикълъарав батареялъул командир, капитан ХIажигоро ХIажигороевас ва капитан ГIабдулвагьид Муслимовас, Буртунаялдаса ротаялъул командир, кIудияв лейтенант Батирхан Мидиевас, ЦIобокьа майор ИсмагIилхIажи Дарбищевас, Ихаса офицер Зубаир Сайдулаевас, Дилималдаса взводалъул командир Ансарияв Шарапудиновас, Ленинаулалдаса Шамсулвара Абакаровас, Алмахъалдаса Муса Давурбеговас, Буртунаялдаса Расул Хайрулаевас ва цогидазги.
1943 соналда гIарзаги кьун фронталде арав 153 гIолиласул тIад вуссинчIо 120-яв.
ВКП(б)ялъул райкомалъул ахIи-
ялда рекъон, ватIаналъул гIорхъаби щула гьариялъулъ гIахьаллъи гьабуна 3000-ялда-
саги цIикIкIун захIматчияс. РакIбацIцIадаб хIалтIуе гIоло 677 чи мустахIикълъана «Кавказ цIуниялъе гIоло» медалалъе, 2376-ясул каранда рана «ВатIанияб рагъул заманалда рухIалда барахщичIеб захIматалъе гIоло» медалал, 42-ясе кьуна
ДАССРалъул Верховный Совета-лъул Президиумалъул Грамотаби.
Районалъ пачалихъалъул оборонаялъул фондалде кьуна 14212 тонна тIощалил, гьанал, картошкадул, квасул. Бергьенлъи гIагар гьабизе кIудияб хIалтIи гьабулеб букIана алмахъазул Ленинил цIаралда бугеб колхозалъул председатель Сайипов МухIамадица, буртабазул Ворошиловасул цIаралда бугеб колхозалъул председатель ГIумаханов Нугъамирзаца, дилимазул Кировасул цIаралда бугеб колхозалъул председатель Ибрагьимов Юсупица, АхтачгIавухъалъул «Красноармеец» колхозалъул председатель Эжуев БатIалица, гуниязул «ЦIияб гIумру» колхозалъул председатель ШугIайп ХIасановас.

1944 соналъул 19 декабралда Гуни росдал захIматчагIазухъе СССРа-лъул яргъилал къуватазул бетIерав командующиясул рахъалдасан бачIана фронталъе гьабураб кумекалъухъ баркала загьир гьабураб кагъат. Гьелда хъван буго:

Из Москвы № 303656
Высшая Правительственная
Дылым Пред. Сельсовета с. Гуни Казбековского района Абасову
Копия Пред. колхоза «Новая жизнь» Гасанову
Копия Секретарю первичной парторганизации Ханбутаевой

Передайте колхозникам зпт колхозницам «Новая жизнь» зпт собравшим 25000 рублей деньгами, картофель, зерно, скот, вещи в Фонд семей фронтовиков зпт мой братский привет и благодарность Красной Армии.
Иосиф Сталин
Принято 19/ХӀӀ- 44 год 11-30
сел. Дылым

Районалъго оборонаялъул фондалде кьуна 415 азарго гъурущ, «Дагъистаналъул колхозник» танказул колонна гIуцIизе 220 гъурущ, М. ХIажиевасул цIаралда бугеб бронепоездалъе – 360 азарго гъурущ. Районалъул школьниказ «ГIолохъанав пионер» абураб авиазвено гIуцIизе бакIарана 17 азарго гъурущ. Гьелда тIадеги, меседил ва гIарцул къайи, ретIизе ретIел кьуна фронталъе.
ГIемерал мисалал руго гIадамаз жалго бетIергьанаб гIарац фронта-лъул хIажатазе кьеялъулги.
Рохизе ккараб хIужа буго 1944 соналъул 12 июналда, «Дагъистаналъул правда» газеталъул гьурмаздасан захIматчагIазде фронталъе гьабулеб кумек дагьабги цIикIкIинабейин казбекалъулазул харабаз хитIаб гьабиги.

Гьелдаса хадуб ана 75 сон. Жакъа къоялде КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIазул чIаго руго кIигоял: Ленинаулалдаса МухIамадов ГIабдурахIман ва Алмахъалдаса ХарсмухIамадов МухIамад. ЧIаго руго рагъда россал тIагIарал руччабазул 15-яйги.