«ХIакъикъат» – Казбек районалда

«ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъабазул хIукму ккана росабазул жамагIатазулгун дандчIваял гьариялъул мурадалда, «ХIакъикъат» — пуланаб районалда» абураб ахIиялда гъоркь, тадбирал тIоритIизе. Гьелъул мурадги ккола халкъалъулгун бухьен щула гьаби; рахьдал мацIалъул, адабияталъул бугеб ахIвал-хIал лъазаби; миллаталъул гIолел ва гIоларел рахъал цIехей, гьел газеталда рахъи; гIолохъанал мухбирзабазе, журналистазе кумек гьаби; газеталъе подписка гьабиялъе квербакъи букIинаби.

Жакъа Дагъистаналда къадаралъул рахъалъ бищунго цIикIкIараб магIарул миллаталъул гIемерал лъикIал рахъазда цадахъго руго тIад ургъизе ккарал цо-цо суалалги. ТIоцебесеб иргаялда, гьел руго цоцалъ гьуинго рукIиналъул, гъункиялъул, магIарулазул гIумруялъул даражаялъул, хIалтIудалъун хьезариялъул суалал. БакIазда гьарулел дандчIваяздасан, газетазул гьурмаздасан нилъер рес буго гьезул хIакъалъулъ щивасул пикру рагIизе ва гьеб хIисабалде босизе.
Гьаб нухалда гьоболлъухъ ине ракIалде ккана Казбек районалде. Гьединлъидал, гьенире иналде районалъул ва гIадамазул хIакъалъулъ бицине, гьезул гIумру-яшав бихьизабизе хIукмуги ккана.

Жакъа районалъул бетIер ккола ХIажимурад Мусаев. Гьев гьавуна 1979 соналда Буртунай росулъ.
1999 соналда лъугIизабуна МахIачхъалаялъул автомобилазулгун нухазул колледж, 2010 соналда Москваялда — юридикияб ‎академия.
ХIалтIана «Леспромбанкалда, ДРялъул Жанисел ишазул министерствоялда.
2007 соналда хIалтIана Казбек РОВДялда.
2009 соналда тIамуна РОВДя-лъул начальниклъун.
2014 соналъул 25 июлалдаса нахъе хIалтIулев вуго Казбек районалъул бетIерлъун.
ХI. Мусаев ккола рагъулал лъугьа-бахъиназул ветеранги.

Баян

Казбек районалда буго 15 школа, 14 лъималазул ах, районалъулаб централияб
ва кIиго участкаялъулаб больница, тохтурзабазулаб кIиго амбулатория, фельд-шерлъиялъулгун акушерлъиялъул (ФАП) 9, фельдшерлъиялъул 5 пункт.