Зарядкаялде — 800 чи

«Трезвая Россия» абураб федералияб проекталда рекъон, Унсоколо районалда тIобитIана гIаммаб зарядка.Гьелда гIахьаллъана районалъул администрациялъулги  Шамилхъала поселокалъул лъай кьеялъул идарабазулги вакилзаби ва поселокалъул гIолилал.
Акциялъул гIахьалчагIазде саламалъул хитIаб гьабуна рехсараб проекталъул Дагъистаналда вугев координатор Шамил ГIалиевас. Гьес баркала кьуна проекталъул рахъ ккуралъухъ.
 
Акциялъул ахиралда киналго гIа­хьалчагIазе рес щвана «чемпионасул радал квеналъул» хIалбихьизе.