Кумекалъухъ баркала

ЦIунтIа

 

24 февралалда радал ичIгоялде бащдаб хIалтIараб заманалда цIа рекIана ЦIунтIа районалъул Ма­хъалалъ росулъа ГъазимухIамад Гадаховасулги МухIамад МухIа­мадовасулги минабазда. ГIадамазул кумекалдалъун бажарана цIа свинабизе. Кумекалъе рачIун рукIана мадугьалихъ росабазул жамагIаталги. 35 километралъ рикIкIада ругониги, къварилъи ккаразде хехаб кумекгун тIаде щвана Кидиро, Шагьикь, Шаури, Хъебалъ ва цогидал росабалъа гIолохъаби. Хадурго цун рачIана цIа свинабулезул машинабиги. 
 
ЦIа ккеялъул хIасилалда микьго цIараки жаниб хIебтIарал минаби рухIана ва кIигоялъе гIураб къадаралда зарал ккана. КIикъоялда ункъо чи хутIана жаниве лъугьине бакI гьечIого. Гьелъие санагIалъи гьабуна росдал школалъул тIоцебесеб тIалаялда ругел рукъзабахъ. Гьенир цIалулел рукIана байбихьул классазул цIалдохъаби – гьезие дарсал кьезе руго кIиабилеб сменаялда.
БакIалъулаб администрациялъул бетIер МухIамад МухIамадовас абуна къварилъи ккаразе квен-тIехги ретIелги чIезабиялъул масъала тIубазабулеб бугилан. Гьес бицана гьезие заманалда хIебтIизе санагIатал рукъзал ралагьулел ругиланги.