Халкъалъул божилъи ритIухъ гьабила

Тарихалде ана 2019 сон. Бечедаб букIана гьеб лъугьа-бахъиназ­да­лъун, ракIалдещвеяздалъун, тIубарал ишаздалъун, ккарал хIасилазда­лъун.
ЦIумада районалъе гьеб кинаблъун букIарабали бицунеб буго районалъул нухмалъулев АнвархIажи Вечедовасулгун нижеца гьабураб гара-чIвариялда.

 

— АнвархIажи, гъоркьиса нужеца гьабураб ва исана гьабизе хIисабалде босараб хIалтIул бицани бокьилаан.

— Районалъе нухмалъи гьабизе бигьаяб гьечIеблъи дида бицун гуреб, бихьун лъала. Жавабчилъиги цIикIкIараб буго. Амма ишцоялгун цадахъ рекъон хIалтIидал, района­лъул социалиябгун экономикияб рахъ цебетIезабизе ва районалъул идараби гIадамазул мурадал тIураялъе гIоло хIалтIизаризе бигьалъулеб буго.
Районалъул нухмалъиялда це­бечIараб аслияб масъала ккола районалъул социалиябгун эко­но­ми­кияб рахъ цебетIезаби, хал­къалъул магIишат-яшав лъикI­лъи­заби. ХIалтIи унеб куцалдаса гьаб­сагIаталда дун рази гьечIо, гьарулел ишал дагьал хIинцго унел рукIиналъ. Гьеб кинабго районалъул идарабазда гуро бараб бугебги.
ТIоцебесеб иргаялда, росабазул нухмалъулезулги буго жидер­го хIалтIудехун хашаб бербалагьи. ГьабсагIат батIи-батIиял программабазда гIахьаллъун, бокьахъе хIал­тIаби гьаризе рес буго росаби це­ретIезариялъе, цIигьариялъе, амма думалъго ракIалда рукIинчIел «цIи-цIиял хважаинзаби» ракьазулги раккун, хIалтIи чIаралъубго хутIулеб буго.
Дун тамашалъизавула нилъе­р халкъалъул гьечIеб бичIчIиялъ, хъан­тIиялъ, цо-цоязда мекъиги бихьизе батила гьедин абуни. Районалда ралел школал, лъималазул ахал ва медпунктал нилъеего ралел рукIин бичIчIизе бокьуларого, жидер ракь бугинги чIун, квалквал гьабулеб буго. Москваялъулалда бащад багьа ракьалъулги гьабун, гIарац кьеян чIолелги камулел гьечIо. Кинго бичIчIизехъин гьечIо нилъер гIадамазда росулъ школаги, медпунктги, цогидал бакIалги районалъул администрациялъул хIалтIухъабазе гурел, халкъалъе ралел рукIин.
ХIажат буго районалъул пачалихъиял идарабазул ва росабазул администрациязул нухмалъулез жидерго хIалтIудехун бугеб бербалагьи хисизабизе. Балъголъи гуро, гьез жидеда тIадкъараб хIалтIи букIине кколедухъ тIубалеб гьечIолъи. Бегьуларо гьезул хIалтIулъ тасамахIлъи ва хIинцлъи букIине.
Кин батаниги, абизе бегьула 2019 сон нижеца лъикIал хIасилаздалъун регIанин тарихалдеян. Базе байбихьараб 18 объекталъул бан рагIалде бахъана анцIгоябниги, хутIарал лъу­гIизе руго исана. Гьел ккола фе­дералияб программаялда рекъон, КIванада ва Гьигьалъ ралел 120 цIал­дохъанасе бакI бугел школал ва 60 лъимералъе хIисабги гьабун, ТIин­диб балеб бугеб лъималазул ах.
Республикаялъул бюджеталдаса исана ТIисси ва Гьакъо росабалъ разе руго ункъого ва кIикъого цIалдохъанасе хIисаб гьабурал школал. РакIалда буго гьенирго лъималазул ахалги рагьизе. Гьелъ рес кьезе буго тIадеги щуго-анлъгониги чиясе хIалтIулеб бакI рагьизе, школалде иналде дагьабниги хIадурлъи лъималазулги букIине.
Капиталияб ремонт гьабун къа­чIана КIванада ва Эчеда росабалъ лъималазул ахал, гьенибе бачана лъим, гьабуна гьел хIухьлаца хинлъизарулеб къагIида. Гъоркьиса хIалтIизе биччана Хонохъ школалда цебе лъималазул ахги.

— Нухазул, лъиназул рахъалъ иш кин бугеб?

— «Дир Дагъистан — дир нухал» программаялда рекъон, Хуштада, ТIисси-Ахикь, Гъоркь Гьаквари росабалъ ва Инхокъварисан Санкьаде щвезегIан къачIан рагIалде рахъана нухал. Гьенирго жеги гьаризе руго нухлул хIалтIаби. Нухазул фондалдаса киналго росабазул администрациязе биччалеб буго гIарац. ХIажат буго росдал нухмалъулез, депутатаз бакIалъул нухазул бетIергьанлъи чIезабулел документал («зеленкаби») гьариялъе хIаракат бахъизе. Гьел гьечIони, кинабгIаги хIалтIи гьабизе рес букIунаро. Гьелъие бихьизабун буго гIарац, гьелде кIвар кьезе ккела росабазул администрациязул бутIруз ва ругел ресаздаса пайда босизе хIаракатги бахъизе ккела.
«Дир Дагъистан — дир лъим» программаялда рекъон, Агъвали-Лъондода-КIочIали лъел мухъ бачана. Гьенир рарал хIавузазде жанибе лъим биччан гьечIо, гьелъие бихьизабураб заман щвечIого букIиналда бан. ХIисабалде босун буго исана Инхокъвари-Агъвали-Болъихъ лъел мухъазда тIад хIалтIи гьабизеги.

— Ахирал соназда Россиялдаго машгьурал чемпионалги рахъана нужер районалдаса. Гьезие спортивиял школал раялъе санагIалъаби гьарулел ругищ? Бугищ республикаялъул бюджеталдаса кумек яги районцоязул квербакъи?

— Республикаялъул Спорталъулгун росдал магIишаталъул министерствабазулгун дандги бан, Хонохъ спортивияб зал баялда тIад ургъулел руго ниж. ТIадран унел руго Агъвали росдал рагIалда спортивияб майдан баялъул хIалтIабиги. ХIисабалде босун буго Агъвали цIияб спортивияб комплекс базе ва ДЮСШялда капиталияб ремонт гьабизе. Жеги хIисабалде босун буго кIиябго Гьаквари футболалъул майданал разеги.
ТIисси-Ахикь базе буго гIемеррахъазулаб спортивияб комплекс (жанибго ретIел бахъулеб бакIгун, хIамамгун цадахъ). Гьединго документазул («зеленка») суал тIубарабго, КIочIали-ахикь спортивияб майданги гьабизе буго.
«Шагьаралъул санагIатал шар­тIал» программаялда рекъон, ТIин­ди ва Гьигьалъ разе руго росдал гIа­дамазе хIухьбахъиялъе паркал. Гьел ва цогидалги хIисабалде росарал хIалтIаби исанаго рагIалде рахъинаризе жигар бахъила. Халкъалъул божилъи ритIухъ гьаби ккола дир хIалтIул аслияб мурадги.
Дун гIемерал соназ хIукуматалъул хъулухъазда хIалтIарав чи вуго. Гьеб мехалда цадахъ рукIарал гIемерисел гIолохъаби жакъаги дунгун хIал­тIулел руго. Баркала гьезиеги районалъул гIадатиял гIадамазеги, лъикIаб ва пайдаяб иш дихъа лъугьун батани, цадахъ лъугьун, гьеб гIумруялде бахъинабизе квербакъи, малъа-хъвай гьабуралъухъ. Баркала депутатазеги, цадахъаб хIалтIухъ. Кидаго дунги битIарав вукIунев ватиларо, амма рагIи – бадибе, тIил — мугъзада лъикI букIуна, гьеб рекъола нилъеда. Кидаго кколеб батиларо рагIи данде, амма кинаб хIукму къабул гьабулеб бугониги, гIакълугун жавабчилъи цебесеб кьерда букIуна.
Районалъул администрацияги собраниялъул депутаталги цого мурадалъе гIоло хIалтIулел чагIи ккола. Гьезул аслияб масъалаги халкъа­лъул яшав лъикIлъизаби ва гьелъие шартIал чIезари буго. Гьеб рахъалъги баркала буго депутатазеги, росабазул нухмалъулезеги. Дун нечоларо чанги росдал бегавуласул бугин дунги цогидалги гIенеккизе ва мисал босизе бегьулеб гIуцIарухъанлъиялъул лъикIаб хIалбихьиян абизеги.

— Щиб дуца гьарилеб нилъерго халкъалъе ва «ХIакъикъат» газета цIалулезе?

— Дица кидаго абула нилъер къуват рикIкIеналъулъ гуреб, цолъи­ялъулъ бугилан. Букъараб зар рагьизе захIмалъула, цо-цоккун килщал рекизе бигьа букIуна. Нилъер цолъи бихьана 1999 соналъул балагьаб августалда, гъунки бихьизабула нилъеца хIажалъи ккедал, сундул бугониги гвай тIобитIулаго. Гьединлъидал гьарула хадубккунги жеги гъунки.
Интернеталъул къарнуялда газетал щибизеян абулелги камуларо, амма бокьун буго абизе кодоб ккун цIалулеб газеталъ гIадаб асар интернеталъ гьабуларин. ХIаракат бахъизе ккела республикаялъул «ХIакъикъат» газеталъулгун хурхен кквезе ва гьеб хъвазе.