Шамилхъалаялда дандчIваял

Гьаб анкьил итни къоялъ Шамилхъалаялде рачIун рукIана «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редакторасул ишал тIуралев ГIумахан ГIумаханов, гьесул заместитель Пайзула Пайзулаев. Гьел дандчIвана Унсоколо районалъул бетIер ГIиса НурмухIамадовгун.

 

 

МагIарул мацIалда, миллияб тарихалда хурхун, гьеб цIунизе ккеялда – газеталда гьелъул рахъалъ гьабизе бугеб хIалтIул рахъалъ пайдаяб гара-чIвари ккана гьениб. ГIиса НурмухIамадовас тIадчIей гьабуна росабазул гIумруялъул, гIадатиял гIадамазул хIакъалъулъ хъваялде газеталъ кIвар кьуни лъикIаб букIиналде. МахIачхъалаялдаго чIун, магIарул районазде, росабалъе «ХIакъикъаталъул» мухбирал къанагIатги рачIунел гьечIилан. Нусго сонилаб тарих гирараб магIарул газета халкъалъе бокьула, гьеб цIунизе ва цIигьабизе тавпикъги кьейги нужое ян абуна районалъул бетIерас. Жал кидаго хIадурал ругила «ХIакъикъат» газеталъе кумек гьабизе, ай гIуцIараб къагIидаялда гьелъие подписка гьабизе.

 

78974550 444575739805117 9003687663709978624 n

 

«ХIакъикъат» газеталъул редакторгун гьесул заместительги гьединго дандчIвана федералияб почалъул бухьеналъул (УФПС) Шамилхъалаялъул почтамталъул начальник МухIамад ИсмагIиловгун, республикаялъул УФПСалъул директорасул заместитель ГIабдурахIман МухIамадовгун. ДандчIваялда гIахьаллъи гьабуна мугIрузул районазул ва росабазул почалъул отделениябазул начальниказги.

 

77313767 566062157513398 3681706993321508864 n

 

Гьеб данделъиялда гара-чIвари ккана «ХIакъикъат» газеталъе подписка гьабиялъул, хъварал газетал гIужда щолел гьечIолъиялъул. Гьеб пайдаб дандчIваялъул ахиралда кIиябго рахъалдасан дандбана ругел квал-квалал лъугIизариялъе гьаризе кколел тадбирал.

 

 

«ХIакъикъат» газеталъул редакторасул ва гьесул заместителасул бакIазде ун гьединал дандчIваял рукIана Шамил, ЛъаратIа, ЦIумада, ЦIунтIа, ГIахьвахъ, Гъуниб, ЧIарада, Хьаргаби, Гъизилюрт районазул, БежтIа участкаялъул нухмалъулезулгунги.

 

 

78507171 2490779567836904 2755158208271089664 n

 

Масала, гьаб буго Гъуниб районалъул бетIер МудунхIажи Къадировасулгун букIараб дандчIваялдаса сурат. 

 

78421482 2543642769225930 4337115274659495936 n

 

Гьаб цояб ккола «ЦIумадисезул гьаракь» газеталъул редакциялда бахъараб сурат. 

 

 78103687 2556774454436100 1694283157102133248 o

 

ГIумахан ГIумахановгун Пайзула Пайзулаев щвана Хунзахъ районалъул «Росдал захIматчи» газеталъул редакциялдеги.