ГIагараб росулъе, кисаялиго киналго нухаца хехго цIалей куц

 
ГIагараб росу. Лъидаха гьеб кIоченеб. Гьелъул хIикматаб тIабигIатги, лъикIал гIадамалги, гIумруялъул лъикIалги квешалги нухалги, эбел-инсул хинлъиги, кIодо-кIудил малъа-хъвайги, бухIараб риидал иццдаса гьекъолеб бацIцIадаб иццул лъимги. Гьеб киналъго асар гьабуларел чагIи рукIунелго ратиларо. Лъида кIочон толеб нилъер умумузул гъасда бицунеб рахьдал мацIги. Щибаб росдал батула жинди-жиндир хаслъи. Жиндирго хасаб хаслъи буго дир гIагараб ГIоротIа росдалги. Гьеб ккола Хунзахъ районалъул чIахIиял росабазул цояб. ГIоротIа шагьариланцин абула гьелде мугIрул къаданир ругел гьарадерихъез, гIочIлосез ва тIадколосез. Гьеб росдал буго цIакъго некIсияб тарихги. Гьениб жакъа къоялъги ясбер гIадин цIунун руго умумузул гIадатал, гьез гьарулел рукIарал ишалгун хIалтIаби.
 
 
Цо-цо росабалъа гIолилал, шагьаразул гIумруги берцин бихьун, гьенире гочун унел руго. Амма гIарадерил гIолилаз байбихьана жидерго росу берцин гьабизе, ай гьез росу рехун течIо.  Абула Инхоса ГIалихIажиясул дибирлъи гьеб росулъан байбихьаниланги. 
 
 
МахIмудил заманалъул кочIохъабиги данделъулел рукIун руго Идрис абурав чиясул бакIалда. Бицен буго цо нухалъ МахIмудги вачIун вукIанила кучIдузул сордоялда гIахьаллъизеян. Росу машгьураб букIана ахихъанлъиялъул рахъалъ. Ахихъабаз пихъ бетIизе цIакъ рорхатал малал гьарулел рукIун руго. Лъидаха рагIичIеб гIарадерил бацIцIадаб гIурччинаб цIиниги бухIун бежулеб беччунчедалъул хIакъалъулъ.  
 
 
 
Росу машгьураб букIана къадахъабаздалъунги. ГьабсагIатги росулъ ругезул къед гьабизе лъаларев чи цониги гьечIо.
 
 
Росу берцин гьабиялъе гIолилазе кумек гьабула бегавул Шайдулаев СайгидахIмадица. РухIияб тарбиялъул рахъалдасанги росу машгьураб буго сверухълъиялдаго. Къварилъи-гIатIилъи ккараб бакIалда бищун цере щун ратула гIоротIисел. Дагьаб цебегIан росулъ цIа ккун букIана. КIиго мина бухIун лъугIилаан росдал гIолохъабаз къокъабго заманалда жаниб цIа свинабун букIинчIебани. 
 
 
Гьеб росулъа ккола Дагъистаналъул БахIарчи Расулов Абакар. Гьесулго гьунар такрар гьабуна щуабилеб классалъул цIалдохъан 
БатIалица. Гьес хвасар гьавуна хIоринив гъанкъулев вукIарав гьитIинав вас.  
 
 
 
Сурат босана Мухтар ХIажидадаевасул ТГ-каналалдаса