«Росулъ букIун бугеб лъикI…»

Росабалъ хIалтIи гьечIин абурал багьанабиги рачун, роса­балъа гIолилал гочунел руго гIатIиракьазде. ЧIороголъулел руго росаби, чIахI­къулалъ кколел руго, гIемераб къоги бихьун, умумуз гьарурал хурзал, гIи­боцIи дагьлъун, рохьаз цIолел руго мугIрул. Амма росабалъа гIолилал гочун иналда тIад рекъо­лев гьечIо, гIатIиракьалдаса нахъвуссун, жиндирго гIагараб Шамил районалъул МачIада росулъе тIадвуссарав МахIмудов МухIамад. ГIатIиракьалде гочине бокьун бугел гIолилазе мисал­лъун букIине, бокьун буго МухIамадил гIадатияб гуреб къисма­талъул ва «росулъ букIун бугеб лъикI» абураб гьесул пикруялъул хIакъалъулъ цIалдолездаги бицине.
 
 
 
 
Росдал школа лъугIидал, гьев цIализе лъугьана Орджоникидзеялъул гIаммаб аскаралъулаб училищеялде. Гьенибе унеб автобусалде вахунаго, «виччаларо, дур гIурусав лъугьуна, мун нижее камула» абун, инсул вацгIал ГIабдулаев МухIамадица гьев цIалуде виччачIо, автостанциялдаса нахъе вачана. Заман иналде, ахIана армиялде. Хъулухъ гьабуна Камчаткаялда. Армиялдаса вуссун хадув хIалтIана МахIачхъалаялъул приборал гьарулеб заводалда сборщиклъун. Гьениб гьесие щвана анлъабилеб разрядалъул
слесарасул махщел. Хъизамги бачун, гьенисаги гочана Калмыкиялде, хIалтIана Икибуль районалъул «Манич» совхозалда управляющийлъун. Аслияб куцалда гьеб совхозалда гIезабулаан наслу лъикIлъизабизе тараб гIи-боцIи. 
 
 
 
— Гьениб дирго букIана гIи-цIцIаназул 600-700 бетIер ва 70 чIегIерхIайван. КЭМЗалъул директор Ибрагьим АхIматIовас ахIун, гьениса ниж гочана Гъизляралде. 10 соналъ хIалтIана
КЭМЗалъул кумекалъулаб магIишаталъул управляющийлъун. Азарго гектаралда хьихьулаан гIи-боцIи. Гьеб хъулухъ дица байбихьана 70 гIиялъажоялдасан ва, анцIго соналъ хIалтIун, гIи-цIцIаназул къадар бахинабуна кIиазаргоялде. КЭМЗалъул хIухьбахъиялъул киналго базаби хьезарулаан гьанадалъун ва рахьдал нигIматаздалъун. Гьенисаги гочана Гъизляр районалъул южная абураб поселокалде, дирго фермаялда гIезабулаан нижерго гIи-боцIи. Сонал анагIан ракIалъ цIалев вукIана росулъе. Гьале щуго сон унеб буго росулъ вугелдаса, — ян бицана М. МахIмудовас.  
 
 
 
МухIамадил эмен МахIмутIил МухIамадил (гьидерица гьесда «КIумело» абулаан) рукIана анкьго васги лъабго ясги. КIумело анкьгьунар: къебед, къадал, цIулал ва маххул устар, зурмихъан, къолохъан, кочIохъан, пандурчи… Гьес квегъулаан чуял, рахъулаан цаби, гьарулаан суннатал, хваразе – лахIдуял. 55 сонил ригьалда КIумело хвей 
гьидерие кIудияб камилъун лъугьиналъе нугIлъи гьабула гьесул зонода хъван ругел гьал рагIабаз:
 
 
 
Пахьулги, маххулги, къадалги устар,
Зурма-кечI — камураб махщел букIинчIо.
Камуна халкъалъе, тIуна духъ магIу,
Нух битIаги дуе доб алжаналде.
 
 
 
МахIмудовас абуна, инсуца жал, васал, тIадчIун жиндирго махщелазе куцанин ва, хIинкъичIого, хIалтIуде квер бегьизе ругьун гьарунин абун. Ккани, жиндирги бугила бокьараб 
устарлъиялъе махщел, ресукъав чиясул къваригIел тIубазе гIураб. Гьеб гуребги, МухIамадил лъикIаб гьунар буго байрамалъулал тадбиразда тамадалъи гьабизе, пула зурма, хъвала пандур, хъумуз, аккордеон, баян, бухула къали. Гьесул ният буго инсул къебелъи цIигьабизеги. Гьес росулъ бана гьобоги. 
 
 
 
Росабалъа гочине хIадурулел, гьединго гьениса гIагарал росабалъе тIадруссине бокьарал чагIазде хитIаб гьабун, МухIамадица абуна: «ЛъикIаб лъай-махщелги, жанире руссине мина-рукъги гьечIого, шагьаразде гочарал гIолилал ккола улбузул гарбазда кIусарал тухьулаби. ЛъикIаб мухьги босун, тажиказузбеказ гьабизе течIого, росабалъги рес буго бокьараб хIалтIи гьабизе. Росабалъ гIолохъабазе хIалтIи гьечIин абулеб жоялда тIадрекъоларо дун. Буго, гуре рукьал, бище тIаса. Масала, бегьула гIи-боцIи хьихьизе, наял гIезаризе, ах-бахча хIалтIизабизе; гьабизе бегьула къадал, цIулал, маххул устарлъи, хIалтIизе бегьула юк баччулеб машинаялда яги тракторалда… Амма жакъасел гIолилазе къваригIун буго, Инхоса ГIалихIажиясул малъа-хъвай дагьабго хисизабун абуни, «ЗахIмат бихьичIого, рахIатги, бекьичIого ва нилълъ гьечIого лъилъизе хурги». Анищазул хурзал рекьани…Гьидалъ гуребги, нижер МачIада росу ккола районалъул росабазда гьоркьоб бищун бигьаго гIумру-магIишат гьабизе санагIатаб ва гьелъие лъикIал ресалги шартIалги ругеб бакI. Авлахъ гIадаб битIараб бакIалда бугеб росу, къватIазда хъил, щибаб рокъоб лъим ва канализация, росдада аскIоб кIудияб махил ва накIкIил рохь, росдадаса километр гIечIеб манзилалда кулал, кигIан бокьаниги, бекьизе 

бокьараб жо тIад бижулеб ракь, гIибадат гьабизе чIухIараб мажгит, районалдаго лъикIаб школа, медпункт, рохьазде, кулабазде ва магIарде гIатIидал нухал… 
ТIокIабги щиб къваригIунеб гIумру-магIишат гIуцIиялъе?! 
 
 
 
Машинабаз 10-15 километралъул манзилалда бачараб лъецаги лъалъан, гIезабула лавашисез хъапустIан; гьеб бичун, гьезие лъикIаб хайирги щола. МачIада абуни, аскIобго буго гьелъие къваригIунеб кинабго: лъикI жо бижулеб ракьги, къваригIанагIан ракги, гIунги тIокIаб къадаралда лъимги. ГIезабе хъапустIан, ламадур, пер, ражи, картошка… Жакъа гьел нигIматазухъ щолеб буго лъикIаб багьа: хIалтIе, кванай. Гьелъие камураб жо буго цо: хIалтIудаса хIинкъуларел квералги нилъерго росу-жамагIат бокьиги. Гьел шартIалги ресалги гуребги, росулъ букIуна, щиб кканиги, кверчIваялъе гIагарлъи, садакъа-вакъпуялда гIахьаллъизе ва хваразухъе хабалазде зияраталъ ине рес. Аслияб жо, лъималазе магIарул кьварараб тарбия кьезе, гьезулъ нилъер умумузул гIадатал куцаялъе шартIал, рахьдал мацI малъизе бугеб рес, наркотиказдаса ва такъсириял ишаздаса гьел цIунизе букIунеб санагIалъи.  Цебе гIадин кьварун гьечIониги, росабалъ лъималазе щола жамгIияб тарбия. Гьел рукIуна жамагIаталъул кидагосеб бербалагьиялда гъоркь, тохаб жо гьабулеб бихьани, гIадамаз гьезда бадибчIвай гьабула, хъачIаб рагIи абула, улбузде гIарз бахъула. Шагьаралда лъица гьабулеб нилъер лъималазул тIалаб, лъие гьел къваригIунел? Гьеле, шагьаразда гIуразда дандеккун, росабалъ гIурал лъимал магIна-гIин бугел, адаб-хъатир цIунарал, гIадат-гIамал ва рахьдал мацI лъалел рукIиналъе бугеб аслияб гIилла. КIудияб бахIарчилъи гьабулеб гIадин, рес кканщинахъе, нилъеца абула: «Лъималазе гьабулеб буго дица гьаб магIишат», — ан.
 
 
 
 
МагIнаял, гIадилал лъимал лъугьинчIони ва улбуз гьабураб магIишаталъул гьез къимат гьабичIони, нилъер гIумруялъул кинаб хIасил кколеб? Гьеле нужее росулъ магIишат гьабиялъе бугеб аслияб далил. Гара-чIвариялъул ахиралда, аккордеоналда умумузул бакънал рачун, пандур бачун «Дир гIагараб Гьидалъ» абулеб кечI ахIун, МухIамадица нижее гьабуна саламатаб рекIелгъейги. Нух битIиялъе абун, гьес цIалана «ГIагараб росулъе» абулеб ГIадалол кечIалдаса гьал жугьаби:
 
 
 
ГIагараб росулъе дун вуссун вуго,
Сверухъ хасалихълъи тIибитIун буго.
Гьидерил расалъи батана ахир,
Кивехун аниги, дуниялалъул.