Херехьдерил халкъияб лъим

 
Жакъа Дагъистаналда церечIарал аслиял масъалабазул цояб ккола гIадамал гьекъолеб лъедалъун хьезари. Руго гьелъие хIалтIулел пачалихъиял программабиги риччалел сурсаталги. 
 
 
Амма гIемерисеб мехалда лъел иш рагIалде бахъуна жамагIатазул кумекалдалъун. Хунзахъ районалдаги захIматаб масъалалъун буго лъел суал. 
2020 соналъул январь моцIалда цIоройги ккун, росулъе бачIунеб рогIороги бихъун, лъабго моцIалдасаги цIикIкIараб заманалъ лъимги гьечIого хутIун букIана росдал жамагIат. Гьеб заманалда «САХ Благоустройство» абураб гIуцIиялъ баччулеб букIана росулъе лъим. Амма 1000­-ялдасаги цIикIкIун чияс гIумру гьабулеб росдае гьедин баччараб лъим гIелищха? Гьелдаса хадусел хаселазги жидецаго къватIиса баччизе ккун буго гIадамаз лъим. 
 
 
2018 соналда районалъул газеталъул журналистаз росабалъе сапарал гьарулелъул, ниж щун рукIана Харахьи росулъеги. Гьеб мехалдаго росдал жамагIаталъул вакилзабаз абулеб букIана жидее лъимги токги хIажат бугилан. Гьелдаса нахъе ункъо сон аниги, росдал жамагIат хутIун буго лъехъ гIащикълъун. Жидер мурад тIубазе пачалихъалдасан гьечIеб кумекги бихьун, херехьдерица хIукму гьабун буго жидерго къуваталдалъун росулъе цIияб лъел мухъ бачине. МочIохъа гъоркье, кьураби-парсахъан гьеб бачине ният букIана умумузулго. Нилъерго бераздалъун бихьараб гIадаб жо букIунарелъул, гьал къоязда ниж щвана лъим бачунеб бакIалде. 100 метр халалъуда ругел рогIрал рахънир лъезе нияталда ратана росдал гIолохъаби. ЖамагIатчи МухIамадов МухIамадица бицана лъим бачунаго бугеб захIмалъиялъул хIакъалъулъ. ХIакъикъаталдаги хIалтIизеяли киб гурин, хьвадизецин хIинкъи бугеб бакIалдасан лъун руго лъел рогIрал. Кьурулъан лъун буго гIолохъабаз «СиратIалъул кьо» абун цIар тараб маххул арматурабазул гьабураб нух. Гьеб гьабураб гIарадерил гIолохъабазул бахIарчилъиялъеги ниж мукIурал руго. Исана риидал байбихьанин хIалтIабиян бицана МухIамадица. Лъел мухъалъул гIаммаб халалъи буго 10,4 километр. Жакъа къоялде гьелъул бащдалдаса цIикIкIун манзилалда рогIрал ракьулъ лъун руго. ГIемерисеб бакIалдасан рахъ бахъизе ккун буго газа-белалдалъун. Цо-цо цIакъго къвакIараб хъиру бугеб бакIалда перфораторги хIалтIизабула. Жеги лъабгогIан километралъул манзилалда рахъ бахъизе ккола. Лъим бачунеб буго 90 см. диаметралъул рогIралги лъун. Гьединаб рогIороялъул цо метрадул багьа буго 495 гъурущ. Росдал гIолохъабаз гIемераб хIалтIи гьабулеб буго гьениб. ХIатта, щибаб гIодобкъоялъ росу тун къватIир ругелцин рачIунел руго гIаммаб субботникалда хIалтIизе. Лъим бачун бахъиндал, лъел суал тIубазе ракIалда бугин абуна нижеда хIалтIухъабаз. Гьединго гьез баркала кьуна лъел мухъ бачиналъулъ гIарцудалъун бугониги, жидерго къуваталдалъун бугониги гIахьаллъи гьабулел росдал патриотазе, лъикIал мадугьалзаби — мачIхъадерие ва гIарадерие, цогидалги сахаватчагIазе. 
ЛъикIаб гIадатлъун лъугьун буго росдал школа лъугIарал цIалдохъабаз жидерго цIаралдасан гьеб хIалтIуе бакIарун гIарац кьолеб букIинги. 
Мисалалъе, 2005 соналъ школа лъугIараз босун буго 200 метр рогIразул. Гьездаса мисалги босун, халкъияб лъел мухъ бачиналъулъ жидерго бутIаби лъун 
буго цогидал выпускниказги. 
Гьелъги нугIлъи гьабула херехьдерил гъункараб жамагIат букIиналъе. Исламияб диналда цIакъго кири кIудияблъун рикIкIуна нухал рахъи, кьоял рай ва лъим бахъи гIадал жамгIиял хIалтIабазе боцIи-мал харж гьаби. Гьеб ишалъулъ жидерго бутIа лъезе бокьараз гIарац рехизе бегьула гьаб номералъул сбер-картаялде —
2202 2036 7041 5076 
(МухIамад ГIабдулаевич).
 
Киназулго садакъа къабул гьабеги.