МагIарулал годекIанир

Журналист Мухlaмад Расуловас данде гьабураб «МагIарулал годекIанир» абураб тIехьалдаса.   
** *
Кортас «Жигули» босанила. Гьебги бачун шагьар сверулев вукIанила. Рокъове вуссинегIан гьесул машинаялъул цояб хьибилалда живго гIадав жигуличияс машина «къочизабунила». Нахъисеб къоялъ цогияс цояб рахъги гьелдаго релълъинабунила. Гьедин щибаб къоялъ цо-цониги гIуж машинаялдаса камун Кортав къавулъе вуссунароанила. Гьеб хIисабалда анила лъикIаланго заман.
— Гьадинаб чухI-чухIараб машинаялда шагьаралде вахъинегIагийищ нечоларев, кидагIаги дуца гьалъул куц-мухъ бачIинабизе бугеб? — ан гьикъун буго цояс.
Кортасги жаваб гьабун буго:
— Гьаб тункулелги гьалда тункулелги машинаби лъугIараб мехалда цойидасанго къачIазе тун буго!
** *
Цо къоялъ бакъалда гIодов чIарав Кортасда тIаде вачIун вуго, квартIа-хъалахъгун, жидерго росулъа цо шофер.
— КвартIа-хъалахъгун щиб гьабизехъин вугев? — ан цIехон буго Кортас.
— Херал чагIи рухIизе кор гьабизе унев вуго, — ян жаваб кьун буго гьес.
Гьеб рекIее гIечIев Кортасги щибго ургъичIого абун буго:
— Корокье цIатаридае шоферзаби рехизеги кIочон тоге абун лъазабун теха гIадамазда.
** *
АскIов рекIарав Кортасда шоферас лъазабун буго дуца кваранаб рахъалдасан машина бачIунеб мехалда жинда лъазабейилан. Цо сверудасан Кортав рекIараб рахъалдасан бачIун машинаялда автобус кьабун буго. Шофер жиндихъго квеш валагьидал, Кортас абун буго:
— Гьаб автобус буго, дуцайин абуни дида машина бачIунеб мехалда лъазабеян абун букIана, — ян.
** *
— Гьай машааллагь, — ан абун буго Кортас, гьекъон рачIиндал, лъудбузул зартлъиялъул бицунеб цо компаниялда, къватIиб гьекъараб гIаракъиялъул кьогIлъи рокъов щвезегIан лъалеб букIарабани, гьеб гьекъезе лъилго хиял лъелароан. ЧIалукь хIуби гIадин рукъ бакьулъ чIарай чIужуялъе кьезе ккола хIисаб – Аллагьасе рецц, хъван кьезе ккунгутIигIаги.
Бицине ккола: щай кватIарав, кив вукIарав, щивгун гьекъарав, лъил гьекъараб? КигIан гьекъарабали, щукру ТIадегIанасе, бицине кколаро – грамм гьекъон букIаниги, литр рехун бугониги, министргун гьекъон ватаниги, махI чIваралдаса, сурав цого буго. ТалихI – тамихI тамахаб букIуна… дирго гIарцухъ гьекъон ватичIониха…